МагъчIваялъе рес

ТакъсирчагIи гIемерлъийищ яги такъсирал лъугIийищ


Пачалихъияб Думаялде кьураб, Терроризмалъухъ жавабчилъи кьваризабулеб къануналъул проекталда сверухъ гIемер бахIсал тIоритIулел руго информ-сурсатазда. Руго Гьеб къануналъул рахъ кколелги. Амма гьеб къануналда жанир Россиялъул тамихIалъул кодексалда данде кколарел хIужаби ругин лъазабулеб буго экспертаз. Гьеб къабул гьабулеб бугонани, тIубараб юридикияб система хисизабизе ккезе бугила.

Терроризмалъухъ жавабачилъи кьваризабулеб къануналъул проект кьун буго Пачалихъияб Думаялде Чачан республикаялъул къанунал рахъулеб данделъиялъ. Гьедин лъазабулеб буго Пачалихъияб Думаялъул пресс-хъулхъалъ.

Терроризмалъулъ гIахьаллъаралъухъ жавабчилъи гIасилъизабулеб къануналъул автораз баян гьабухъе, террористаз гуребги, гьезул гIагарлъиялъги жаваб кьезе кколила жамгIияталда цебе.

Щайин абуни, гIемерисеб нухалъ, жалго жидецаго кьвагьизарун, террактал гьарулел гьеб ишалде унила гIемераб гIарцухъ. Гьеб гIарац хутIулила гьезул гIага-божаразейин баян гьабулеб буго депутатаз.

Гьединго, гьеб къанун гIуцIаразда ракIалда бугила ТамихIалъул кодексалде цIияб тайпа тамихIалъул тIаде жубазе, гьеб кколеб буго террористал ва гьезул гIага-божарал буголъиялдаса махIрум гьари.

Нахъе бахъун хадуб гьезул къайи Россиялъул пачалбхъалъул буголъиялде сверизарун, террористазул къурбаналлъун ккаразе материалияб рецIел гьабизе.

Гьединго, жамгIияб цIуна-къаялда данде гьабураб такъсиралъухъ, такъсир гьабиялде гIадамал ахIиялъухъ ва терроралъулал гIуцIиял гьариялъухъ тамихI бихьизабун буго гьениб. Гьел махIрум гьаризе кколел руго киналгIаги хIурматалъул цIараздаса ва ишарабаздаса.

Такъсир гьабиялъухъ жавабалде гIицIго такъсирчи гуревги, гьесул улбул ва гIагарал тамихIалде ахIизе кколин, гьезда такъсирчияс гьабулеб лъалеб букIун, гьесие квекIен гьабичIого тун батанийин рикIкIунеб буго депутатаз. Цадахъго туснахъ гьариялъул болжал кIодогьариги бихьизабулеб буго гьеб къануналъ.

Чачан республикаялъул парламенталъ цебебосараб гьеб къануналъул проекталда сверухъ гIемер бахIсал унел руго информ-сурсатазда ва социалиял гьиназда. Гьеб къануналъул мурад бугин гражданияб ва тамихIалъулаб жавабчилъи кьваризаби такъсирчагIазе гуреб, гьезул балъугълъиялде рахарал гIагарлъиялъул чагIазе ва улбузейин баян гьабулеб буго къануналъул автораз.

ГIемерисел журналистаз ва ихтиярал цIунулез гьеб жигарчилъи къабул гьабунин Чачаналъ билълъун унеб бугеб такъсирияб практика къануназда хъвараблъун букIинейин рикIкIунеб буго «Коммитет против пыток» абураб гIуцIиялъул вакил, ихтярал цIунулев Игорь Каляпиница.

Гьесул баяназда рекъон, 5 декабралдаса хадуб Чачаналъ я диван гьабичIого я цIех-рех гьабичIого гIадамазул минаби рухIун, жалго гIадамалги республикаялъуса къватIире рачахъиндал, гьеб киса-кибего билълъинабизе ракIалда бугила гьеб къанун бахъарал депутатазда.

КиналгIаги гьеб проекталда рихьизарурал санкциял гьаризе кколел ругила гIицIго такъсирчагIазе квербакъи гьабиялъул хIужжа чIезабунани, амма гьединазе гьабсагIат бугеб къануналда рекъонги тамихI гьабулила, гьезул гIайиб букIин чIезабунани диваналъ ва цIех-рехалъин баян гьабулеб буго Каляпиница, гIицго такъсирчиясул гIагарав вукIунин абун репрессиял гьаризе лъидаго кIоларила тIаде жубалеб буго гьес.

Щибго батIияб цIияб, жо гьеб къануналда гьечIила, туснахъ гьариялъул болжалазул бицани, живго жинцаго кьвагьизавизе унев чиясе батIалъи букIунарила 15 сон, яги 25 сонищ гьесие туснахъалъул кколебалийин тIаде жубалеб буго Каляпиница.

Гьеб къануналъул проект бахъиялъул мурадго бичIчIуларин, терроризмалда хурхарал такъсирал цогидаздаса ратIа гьаризеги бегьуларин, гьеб къанун бахъулезе такъсирал лъугIийищ яги такъсирчагIи гIемерлъийищ хIажат бугебалиги бичIчIуларин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе ихтиярал цIунулев Къадиев Расулица

Расул Къадиев: «Дида гьеб къануналъул мурад бичIчIулеб гьечIо. Криминология абураб гIелму буго ва буго такъсиразул профилактика абураб жо, жакъа нилъее такъсирчагIи гIемерлъи, яги такъсирал лъугIийищ хIажат бугебали мухIкан гьабизе ккола цин. Жакъа ругел гъалатIал хIисабалде росун бичIчIула. ТамихIалъул кодексалда хурхун гьел хиса-басияз щибго хисуларо.

Жакъа экстремизм ва терроризм жибго босун хал гьабизе бегьуларо, терроризм буго социалияб лъугьа-бахъин. Мисал босилин, цебесеб заманаялъ, цIогьорасул бетIер къотIизе майданалде рачIарал чагIазул чунтбухъа буголъи бикъулел рукIана цогидал цIогьал.

Жакъа тамихI кьваризабиялъ гьеб ахIвал-хIал кинго хисизе гьечIо. Цин щиб терроризм ва экстремизм кколебали бичIчIизе ккола».

Гьеб къанун бахъараз терроризмалде кIвар кьун, цогидал такъсирал тун тIубараб юридикияб ва ихтияразул гIуцIцIиго хисизабиялъ гьеб хIалтIул лъикIал хIасилал рукIинин абураб жо лъидаго кIоларила мухIканго абизейин тIаде жубана ихтияра цIунулес.

Гьелдаго цадахъ, цо къанун бахъинабулаго цогидал хвезарурел ругила, масала, чияр мина биххизаби кколила такъсир. ТамихIалъул кодексалъул 167 статьяялда рекъон, гьелъухъ кколеб буго5 сон туснахъалъул. Гьеб къануналъул проекталда цогидал Россиялъул къануназда данде кколарел хIужаби гIемер ругила.

XS
SM
MD
LG