МагъчIваялъе рес

Пентагоналъул социалиял сайтазде кибергьужумал


Пентагоналъ дурус гьабуна Цолъарал Штатазул яргъид гIуцIарал къуватазул Централияб Нухмалъиялъул Youtube ва Twitter сайтазда ругел аккаунтазде хакераз кибергьужумал гьарун ругеблъи. Жавабчилъи тIад босун бугин террористикияблъун рикIкIунеб «Исламияб пачалихъ» багъа-бачариялда хурхен бугеб пуланаб CyberCaliphate абулеб къукъаялъ.

Пентагоналъул пресс-хъулухъалъ лъазабуна, гьелдалъун цо-цо захIмалъаби раккун ругониги, гьез кIудияб хIинкъи кьолеб гьечIин.

Гьеб CyberCaliphate къукъаялъ Твиттералда лъазабуна, жинца кибер жигьад халат бахъине бугин. Гьединго загьирарун руго Китаялда ва Шималияб Кореялда хурхарал Америкалъул планал, цо-цо генералазул цIарал ва гъозул электрониял почазул адресал.

XS
SM
MD
LG