МагъчIваялъе рес

Гьикъе-бицина

Эмен гьечIого хутIарал лъималазе пособие цIикIкIинабулищ?


Телефон
Телефон

Гьаниб нижеца кьолел руго цIалдолез рачIарал цо-цо суалазе жавабал. Гьел нижеца лъазарулел руго батIи-батIял идарабазда гьел суалазда хурхун жавабиял хIалтIухъабаздаги цIехон.

Болъихъ мухъалъул Болъихъ росулъа Аминатица (цIар хисизабун буго) «Эркенлъи» радиоялде бачIараб суалалда цIехолеб буго жий йигила санаде бахинчIеб кIиго лъимадул эбел. Росас жал рехун тун ругила ва гьес гьабулеб щибго кумекги гьечIила. Гьев кив вугевалицин лъазеги лъаларила. ХIалтIулеб бакIги жиндир гьечIила. Гьединаб мехалда лъималазе кьолеб пособия цIикIкIинабизе рес букIунарищила.

Гьаб суалалъе жаваб балагьизелъун ниж щвана Дагъистаналъул ЗахIматалъул ва социалияб рахъалъ цебетIеялъул министерлъиялде. Гьеб идараялъул жавабияй хIалтIухъан МухIамадова Гулизарица бицана санаде бахинчIеб лъимадуе моцIрое кьолеб пособиялъул къадар Дагъистаналда бащалъулила 112 гъурщида.

МухIамадова Гулизар: «Амма Россиялъул хIукуматалъул хIукмуялда рекъон, рос тIагIун, захIматго унтун яги туснахъалда вугони, санаде бахинчIеб лъимадуе моцIрое кьола I68 гъурущ. Гьеб щвезе ккани гIарза хъвазе ккола гIумру гьабулеб мухъалъул социалияб рахъалъ цIуниялъул идараялде».

МухIамадова Гулизарица бицухъе, гьенибги кумек гьабичIони, ялъуни гIарза къабул гьабичIони, гIарзагун рачIине кколел руго ЗахIматалъул ва социалияб рахъалъ церетIеялъул министерлъиялда бугеб лъималазе пособияби чIезариялъул бутIаялде. Гьале гьеб министерлъиялъул адресги: МахIачхъала шагьар, Абубакаровасул къватI, 117-абилеб номер. ТIадеги мухIканлъи щвезе бокьани ахIизе бегьула телефоналъул гьаб номералде: 67-94-43.

XS
SM
MD
LG