МагъчIваялъе рес

«Гьединаб тавпикъгун жакъа бокьарав чи кквезе рес буго»


ЦIияб соналъул байрам кIодо гьабиялде данде видео бахъаравин абулев НурмухIамадов Мурадил ишалда сверун диванханаялъул процесс 10 январалде нахъбахъун букIана, амма 9 январалда гьесде изну гьечIого цIунараб ярагъ батиялда бан гIайиб гIунтIизабун буго. НурмухIамадов туснахъ гьавун вуго кIиго моцIил болжалалъ ва гьесул ишалда тIасан гIарза кьезе бугин ТIадегIанаб диваналдейин лъазабулеб буго ккурасул адвокатас.

30 декабралда МахIачхъалаялда ккурав НурмухIамадов Мурадиде изну гьечIого цIунараб ярагъ батиялда бан гIайиб гIунтIизабун буго. 10 январалда гьев заманалъул туснахъалдаса МахIачхъалаялъул туснахъалъуве вачун вуго. Гьедин баян гьабулеб буго ккурасул адвокат Зиявудин Увайсовас.

5 январалда НурмухIамадовасе гIайиб гIунтIизабизе иргалудаб нухалъ диванханаялда тIобитIараб процессалда хIукму къотIун букIана НурмухIамадов 10 къоялъ гIайиб гIунтIизабизегIан туснахъ гьавизе, ккурав къоялдаса байбихьун къоял рикIкIун.

Советский мухъалъул диванханаялъ чанго данделъи тIобитIана НурмухIамадовасда хурхун.

Гьезие жидеего захIмат букIанин цуцада данде кколарел хIужабаздасан гIайибгIунтIизабизейин баян гьабулеб буго НурмухIамадовасул адвокат Зиявудин Увайсовас.

Амма Россиялъул къануназда рекъон, ккурав 10 къоялдаса гIайиб гIунтIизабичIого туснахъ гьавун тезе бегьунгутIиялъ, 10 къоялъ диванханаялде рачIиндал, гьениб лъазабун буго гьесде гIайиб гIунтIизабун букIин 9 январалда, изну гьечIого цIунараб ярагъ батиялда бан.

Амма НурмухIамадовасде гIайиб гIунтIизабураб хIужаялда щаклъи кколеб букIиналда бан, гьесул ишалда тIасан Дагъистаналъул тIадегIанаб диванханаялде гIарза кьезе бугин лъазабуна Увайсовас.

НурмухIамадов ккураб къоялдаса нахъе, гьев кквей хурхинабулеб букIана 2011 соналъго гьес бахъун интернеталда тIибитIизабураб видеоялда.

Гьеб видеоялда бицунеб буго дагъиястаниязул цIияб соналдехун бугеб бербалагьиялъул. Амма гьеб гIилла мухIканаб гьечIин рикIкIунеб буго НурмухIамадов жиндир заманаялъ хIалтIулев вукIараб «Черновик» газеталъул журналист МухIамад МухIамадовас. Гьелдаго цадахъ, тIубан инкар гьабизеги бегьуларила гьеб хIужаялдаса.

МухIамад МухIамадов: «10 къоялъ НурмухIамадовасде гIайиб гIунтIизабулеб диван букIине кколаан. Амма низамцIунулез 9 къоялъго гьесде изну гьечIого цIунараб ярагъ батиялда бан гIайиб гIунтIизабун буго. Изну гьечIого цIунараб ярагъ батиялда щаклъи ккун, ккун вукIана Мурад.

Амма 5 къоялъ букIараб диваналъул данделъиялда Мурадица чIухь балаго низамцIунулезда васасул расанкIабалъе кинин ярагъ толеб букIарабин абураб суал кьейдал, гьел жалгоги божулел рукIинчIо. Амма гьеб ярагъ чIухь балаго гьенибе рехараб букIин чIезабунани, гьеб ккола низамцIунулел такъсиралъул иш гьабиялда тIакквей. Гьединлъидал, гьез хIаракат бахъана гьев жанив тIамизе. ГьабсагIат гьев цIех-рех тIобитIулебгIан мехалъ кIиго моцIица туснахъ гьавун вуго.

Амма гьев гьединго рокъов туснахъ гьавун тезеги бегьулаан. Абизе ккола, гIемерисеб нухалъ, цогидал хIужабазда хурхун диваналъ рокъор туснахъ гьари тIаса бищулин. Амма рокъов туснахъ гьавизе НурмухIамадов бегьуларин, гьесул тIалъиялда рухьенал рукIиналъин лъазабуна гIайиб гIунтIизабулеб рахъалъ».

НурмухIамадовасул рокъоб тIоцебесеб январалда бараб чIухьалъул хIасилалда, лъималазул расанкьабалъ кьвагьулеб алат лъураб къвачIа батиялда тIасан гIемер пикру загьир гьабуна социалиял гьинздаги. Гьедин, гьеб лъугьа-бахъин баян гьабулаго цояс хъвалеб буго, гьединаб тавпикъгун жакъа бокьарав чи кквезе рес бугин, рехараб ярагъги батун. Кинго гьениб ртIухълъи чIезабизеги рес гьечIин

Блоггер Расул абу Асадица, гьеб лъугьа-бахъиналъул хъвалаго гьикъулеб буго, кинин, кагъталги росун азарханаялде унев чи, батIияв къватIалда, кодоб ярагъгун ватулевин?

Абизе ккола, жамгIияталда жаниб цIияб сон кIодо гьабиялда сверухъ унел бахIсал ругониги, МахIачхъалаялда цIияб соналда цебе лъуна 17 елка. Ва шагьар байрамалде къачIазе харж гьабун буго кIиго миллион гъурщидаса цIикIкIун гIарац.

XS
SM
MD
LG