МагъчIваялъе рес

Парижалда унеб буго ахирисел терактазда хваразул хIурматалда тIобитIулеб марш


Миллионалдаса цIиккун чи гIахьаллъулев вуго гьаб сагIат Парижалда ахирисел терактазда хваразул хIурматалда тIобитIулеб бугеб маршалда. Улкаялдаго батIи-батIиял шагьаразда тIоритIарал гьединал маршазда гIахьаллъи гьабун буго 700 азаргогIан чияс. Парижалде гьеб акциялда гIахьаллъизе рачIун руго дунялалъул 40-гIан улкаялъул нухмалъулелгун тIадегIанал хъулухъчагIи. Гьезда гьоркьор руго Британиялъул премьер-министр Дэвид Кэмерон, Алманиялъул канцлер Ангела МеркельУкраиналъул президент Петр Порошенко, Израилалъул премьер-министр Биньямин Нетаньяху, Палестиналъул бетIер МахIмуд ГIаббас, Иорданиялъул къирал ГIабдалла II ва гьесул лъади Рания. Гьеб тадбиралде Россиялъул рахъалъан гьенив вуго къватIисел ишазул министр Сергей Лавров, Америкаялъул рахъалдасан-генералияв прокурор Эрик Гьолдер. НОТОялъул Генералияв секретарь Йенс Столтенберг, Еврощураялъул бетIер Дональд Туск, Европарламенталъул нухмалъулев Мартин Шульц, Еврокомиссиялъул бетIер Жан-Клод Юнкерги гIахьаллъулел руго маршалда.

Акциялда хIинкъигьечIолъи чIезабулеб буго 2200 полицияс ва 1300-гIан аскарияс.

Аза-азар чи гIахьаллъарал акциял тIоритIун рукIана Тулузалда, Орлеаналда, Безансонаялда, Ниццаялда ва цоги шагьаразда.

7 январалда Парижалда Charlie Hebdo (Шарли Эбдоялдо) сатирияб даптаралде тIадекIанцIи гьабураб мехалда чIван вукIана 12 чи, гьезулги 8яв журналист ва 2яв паолицияв рукIун руго. Лъукъун вуго 11 чи. Гьеб даптаралда рахъун рукIана МухIамад аварагасде карикатураби.

Гьеб тIадекIанцIи гьабиялда щаклъи бугев лъабгояв чIван вукIана рузман къоялда полициялъ тIоритIарал хасал операциязда. Гьанже полициялъ ралагьулел руго гьелгун рекъон хIалтIулел яги гьезие кумек гьабулел рукIарал чагIи.

XS
SM
MD
LG