МагъчIваялъе рес

Нигериялда Боко ХIарамалъ биххизабун буго 16 росу


Нигериялда «Боко ХIарам» абулеб экстремистияб къукъаялъ ахираб лъабго къоялда жаниб чIван вуго анцI-анцI чи ва ракьуда бащалъизабун буго 16 росу.

Араб шамат къоялда гьез кверде босун букIана Багаялда букIараб африкаялъул гIемермиллатазул рагъулазул штаб.

Исламияб пачалихъ жидеца гIуцIулеб бугин абулеб Боко ХIарамалъул яргъидгIуцIараз щуго соналда жанив чIван вуго аза-азар чи ва нус-нус чи восун вуго гъоркьлъалие.

XS
SM
MD
LG