МагъчIваялъе рес

Ходорковскиясе Ландал жаваб


Париж, 8Янв 2015
Париж, 8Янв 2015

МухIамад аварагасда тIасан карикатураби кьеян тIолалго журналистазде ва имформалатазде ахIи гьабуна гьал къоязда ЮКОС абураб компаниялъул вук1арав нухмалъулев Михаил Ходорковскияс. Гьедин гьес лъазабуна аварагасул карикатураби кьун рукIараб Франциялъул щибаб анкьилаб дапрат «Шарли Эбдоялде» арбаг1 къоялъ рагъулаб тIадек1анцIи гьабун хадуб.

Журналистал абурал чагIи жамгIияталда гьоркьор мустIахIикъал гIадамаллъун рикIкIунел ратани, метер цониги редакция букIине бегьуларо МухIамад аварагасул карикатура гьабичIеб абун хъвана 7 январалда, твиттералда бугеб жиндирго гьумералда «Юкос» компаниялъул вукIарав нухмалъулев Михаил Ходорковксияс. Гьединаб хъвай-хъвагIай гьес гьабуна 7 январалда Франциялъул «Шарли Эбдо» абураб редакциялде гьабураб тIадекIанцIиялдаса хадуб. Гьелъул хIасилалда 12 чи чIван, 10-яв лъукъана. Рехсараб редакциялъ тIоцебе 2006 соналъ риччан рукIун руго МухIамад (с.гI.в) аварагасде гьабураб чанго карикатура. Анлъго соналдаса 2012 соналъ «Бусурбабазда гIайиб гьечIолъи» абураб фильм къватIибе бачIун хадубги риччан руго гьез гьединалго карикатураби. Гьезие хIинкъаби кьураб чанго лъазаби бачIун букIун буго доб мехалъ.

Жинцаго гьабураб хитIаб баян гьабулаго Ходорковскияс абулеб буго журналистасулилан абурав чиясул къуватги, солидарностьги гьеб кколин щив вукIаниги инжит-хIакъир гьавизе кIвей.

Ходорковскияс гьеб магIнаялъул хитIаб гьабиялъул аслияб мурад бугин бусурбабазул дагьабги ццин бахъинаби, гьел рагъуде гьусизелъун ургъунго гьабураб хитIабилан рикIкIунеб буго РФялъул академиялъул профессор, политологиялъул гIелмабазул доктор Камиль Ландаца. ЦохIо Ходорковскияс гуребги гьединал хитIабал цогидалги атеистазул къукъаялъ жеги-жеги тIиритIизаризе ругилан кколин жиндаян бицана гьес нижер программаялъе.

Камиль Ланда: «Щайгурелъул Ходорковскиясдаги, гьесда релълъараздаги бадибе тузе чи гьезда аскIов вукIунарелъул, гьезул черх цIунарал чагIи рукIуна. Гьелдаса пайдаги босун гьарулел руго гьесги гьединал гIадалал лъазабиял. Гьесие ургъел гьечIелъул киналго бусурбаби цоцаца чIван хваниги. Дица ракIалде ккараб жо къватIибе кьвагьила, гьазул бокьараб кка абе пикругун вугев ви вуго гьев. Гьеб буго гьесул провокация.

Европаялъул, наслабаз наслабазухъе кьураб щибниги миллияб бечелъи, рухIияб хазина абураб жо букIинчIо гьез къимат гьабизе гIадаб. Нилъер нахъе цIунун хутIана гьеб кинабго. Щай жакъа дир рухIияб хазинаги, аварагасул даражаги, дие къиматабщинабги гьез малакьги тIамун мерхьине кколеб?

ЦохIо Ходорковский гуревги, гьелда нахъа чанги бахьикъосараб къавм батилин кколеб буго дида. Атеистал, Аллагьасул диналда божуларел гIадамал гIемер ругелъул жеги. Я насранияз, я цогидаб диналъул вакилзабаз гьедин нилъер динги, аварагги хIакъир гьавураб хIужа дида цебе рагIун букIинчIо.

ХIаси-калам гьеб буго Ходорковскиясул провокациялъулаб хитIаб. Гьесулалда релълъарал хитIабалги хъвай-хъвагIаялги нилъеда жеги рагIизе руго, амма кин букIаниги нилъеца, бусурбабаз сабру гьабизе ккола».

МухIамад (с.гI.в) аварагасда хурхараб чанго карикатура 2005 соналъул сентябралда биччан букIана Даниялъул журналаллъги. Доб мехалъ кIудияб ахIи-хIур багъарун букIана Европаялда. Даниялъул ва гьезда цадахъ дунялалъул цогидалги пачалихъаздаса бусурбабаз къватIире рахъун дандечIей лъазабуна. АкциячагIазул аза-азар чи гIахьаллъараб манифестация унеб букIана Франциялдаса бахъараб Афгъанистаналде щвезегIан. Гьелда гъорлъ гIахьаллъи гьабуна анцIгониги бусурбабазул пачалихъаз. Нигерия ва Ливия пачалихъазда рукIарал тунка-гIусиязул хIасилазда анц-анцI чи хун вукIана доб мехалъ. Амма Даниялъул журналистал гьелъ гIодоруссинаричIо ва 2008 соналъ гьез цIидасан къватIире риччана МухIамад (с.гI.в) аварагасде гьарурал карикатураби. Амма гьаб нухалда кIиго соналъ цебе гIадин дунялалъул бусрбабаз къватIире рахъун дандечIей загьир гьабичIо.

2005 соналда карикатураби къватIибе риччараб журналалъул редактор хIалтIудаса нахъе рехун вукIун ватани, гьаб нухалда цIияб карикатура хIадур гьабурав авторасул цоясе Халкъиял информалатазул рахъалъ Подстамалъулаб премияцин кьун буго 2008 соналъ. 2012 соналъин абуни Германиялда бугеб диванханаялъ изну кьуна гьел карикатураби массовыял акциял унеб мехалда хIалтIизаризе.

Дагъистаналъул рухIияб идараялъ доб мехалъ квешго какана Даниялъул информ.алатаз бусурбабазул хирияв аварагасул сипат инжит гьабун карикатураби къватIире риччай. Гьеб киналдего данде гьабураб хIалтIул хIасиллъун ккана 2010 соналъ «Диналъул аслаби ва МухIамад (с.гI.в) аварагасул гIумруялъул хIакъалъулъ баянал» абураб тIехь басмаялде бахъи.

7 январалда Франциялъул «Шарли Эбдо» абураб сатирияб даптаралъул редакциялда чIварал пишацоязул рахъккун, нахъисеб къоялъ дунялалъул цо-цо басмабаз цIидасан печаталде рахъана МухIамад (с.гI.в) аварагасде гьарурал карикатураби. Гьебго гьабизе ахIулел рукIана гьез цогидал информ.алаталги. Амма дунялалъул гIемерисел басмабаз инкар гьабун буго гьелдаса.

XS
SM
MD
LG