МагъчIваялъе рес

Щуго соналъ анищаз кваназарурал


Хасавюрт шагьаралъул азарханаялъул хIалтIухъабазул митинг
Хасавюрт шагьаралъул азарханаялъул хIалтIухъабазул митинг

7 январалда Хасавюрт шагьаралъул азарханаялъул хIалтIухъабаз тIобитIун букIана митинг. КъватIире рахъаразул аслияб дагIба букIана азарханаялъул биххун унеб бугеб лъимал гьарулеб бутIа аскIоб бараб цIияб централде гочинабичIого, гьенире хIалтIизе батIиял хIалтIухъаби росун жал рукIаралъурго тун рукIиналда.

7 январалъ Хасавюрт шагьаралъул цIияб лъимал гьарулел централда цебе медицинаяъул хIалтIухъабаз тIобтIун буго гIемер гIадамал ракIарараб митинг.

Гьенире ракIарарал Хасавюрталъул азарханаялъул лъимал гьарулел бутIаялъул хIалтIухъабазул аслияб тIалаблъун букIун буго гьезие цIияб лъимал гьарулел централда кьезе ругин абун букIарал хIалтIул бакIал цогидазе рихьизарун рукIин. Митингалда гIахьаллъарал медиказул рагIабазда, цIияб центр рагьилалде гьенир кинабго бакIа-бахари ва хIалтIи гьабун буго шагьаралъул азарханалъул тохтураз. ХIалтIизе гьенире росизехъен руго цогидал гIадамал. Гьедин лъазабулеб буго «Черновик» газеталъул журналисталъ.

2013 соналъ Рамазан ГIабдулатIиповас рагьана 2008 соналъ базе байбихьараб цIияб лъимал гьарулеб центр Хасавюрт шагьаралда, амма тIубараб лъагIелалъ гьеб хIалтIичIо. Гьеб хIалтIизе биччангутIиялъе гIилла букIанин гьеб хIалтIизе биччазе гIарац гьечIолъийин лъазабулеб буго Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ. Гьезул баяназда рекъон, цIияб центр хIалтIизе биччазе буго 15 январалдаса байбихьун. Гьенире хIалтIизе росаразул сияхI Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ лъазабуна 2014 соналъул сентябрь моцIалдаго. ХIалтIизе росаразул аслияб къадар кколеб буго медикиял училищаби ва ПТУ лъугIарал гIадамал, Хасавюрталъул лъимал гьарулел бут1аялъул тохтурзаби гьезда гъорлъ гьеч1о.

Хасавюрт шагьаралъул азарханаялъул лъимал гьарулеб бутIаялда гьитIинаб лъимер
Хасавюрт шагьаралъул азарханаялъул лъимал гьарулеб бутIаялда гьитIинаб лъимер

Амма цIияб бараб централда хIалтIул бакIал шагьаралъул азарханаялъул лъимал гьарулеб рукъалъул хIалтIухъабазе букIинин рагIи кьун букIанин лъазабулеб буго гьелъул бетIерай тохтур Мирзабекова Дагмараца. Киназдаго гъорлъ пашманаб цIар тIибитIун бугила Хасавюрталда бугеб лъимал гьарулеб рукъалъул, гьеб буго биххун инеб. Жидее гьеб цIияб централда хIалтIизе рес щвезе бугин лъазабун букIанила СахлъицIуниялъул министерлъиялъ.

Мирзабекова Дагмара: «Дица нухъмалъи гьабулеб буго Хасавюрт щагьаралъул азарханаялъул лъимал гьарулеб бутIаялъе. Гьенир хIалтIулел руго 3000 чи. Гьезда гъорлъ руго 64 тохтур. ХутIарал медикиял хIалтIухъаби. 1988 соналдаса нахъе хIалтIулеб буго гьеб лъимал гьарулеб рукъ. 24 сон буго лъимал гьарулеб рокъоб кинабгIаги ремонт ва цIияб оборудование гьечIогон. Киназдаго лъала, Дагъистаналде вагьабиял кIанцIаралго гьел Хасавюрталда рукIараблъи. Гьеб мехалъ, нижер тохтурзабаз, Сайгидпаша Дарбишевичасдаса цадахъ цIунана гьанир рукIарал руччабиги гьанже гьарурал лъималги. Жакъа гьанире ракIари буго нижер чара тIагIиналъул хIасил. Щуго сон бана гьеб центр балаго. Щуго сон буго ниж хьулазда гIоцIизарулел, гьеб бакI нижее букIине бунилан. Гьеб балеб букIана шагьаралъул цIияб лъимал гьарулеб рукълъун букIине. Депутат Ришульскияс лъазабун букIана нижеда гьеб бакI нижее балеб бакI бугилан. Ниж гьелъие гIолон руцIцIун чIун рукIана щибго абичIого, нижер гьабсагIат бугеб лъимал гьарулеб рукъалъул ахIвал-хIал киназдаго лъала».

Мирзабековалъ баян гьабухъе, гьеб цIияб бараб мина кколеб буго азарханаялъул ракьалда бараб. Гьенир киналгIаги рагьилалде гьарулел хIалтIабиги, гордал чуриялдаса, гIодоб бакI чуриялде щун гьабун буго гьезул хIалтIухъабаз. ГьабсагIат гьелги рукIухъе тун гьенире рачуне ругила цогидал хIалтIухъаби.

Мирзабекова Дагмара: « МагIу бачIинчIого бажаруларо балагьун гьабсагIат бугеб лъимал гьарулел рукъалъул бугеб хIалалде. Гьебго заманаялъ, лъагIел балеб буго цIияб бараб, кинабго хIажатабги жаниб бугеб центр чIун тун. Кинаб гIилла бугеб гьеб хIалтIизе биччаларого букIиналъе нижеда лъаларо».

Гьединал тIалабалгун къватIире рахъарал хIалтIухъабазул рахъ кколеб буго гIадамазги. Кинаб гIилла букIараб тIубараб лъагIалица хIалтIизе биччачIого тезе цIияб централи лъидаго лъалеб гьечIо. Гьебго заманаялъ, цIияб бараб центр бугила кидаго рищни-къул бухIулеб бакIалда аскIоб, гьениб сверухълъиги кинго къачIан гьечIилан баян гьабулеб буго Хасавюрт шагьаралдаса Самадова Таибатица. Гьелъул пикруялда, цIияб центр базе биччараб 600 миллион бук1аниги, рес батун гьечIо гьеб квегIенлъи гьабизе.

XS
SM
MD
LG