МагъчIваялъе рес

Донецкалда дагъистаниял чIвай гьанже балъголъи гуро


Украиналда чIварал 11 дагъистаниясул цIар тIатинабуна гьал къоязда «Рагьараб Россия» гIуцIиялъ. Республикаялдаса журналистазни абулеб буго, жидеда мухIканго лъалин Дагъистаналдаса къого чи Донецкалда чIваравлъийин. ЧIваразул гIагаразул лъицаниги гьел хIужабазда хурхун баянал кьолел гьечIо, жал хIинкъулел ругин абулеб буго гьез.

«Рагьараб Россиялъул» сияхI дандекколеб гьечIо цогидал гIуцIияз гьабурал сияхIалгун. Мисалалъе, «Украиналдаса Россиялде Груз-200» абураб жамгIияб гIуцIиялъул лъазабиязда рекъон, рагъулаб конфликталда хвана ункъазаргоялдаса цIикIкIун россиялъулав. «Санкт-Петербургалдаса солдатазул улбул» абураб гIуцIиялъул баяназда рекъон, Россиялда 500 солдат хвана Украиналда.

Россиялъул официалияб хIукуматалъ чанги нухалда лъазабун букIана, Украиналда Россиялдаса солдатал гьечIин. Амма журналистаз гьарурал чанги цIех-рехаздаса бихьулеб буго солдатал Украиналда бугеб конфликталда гIахьаллъулел ругеблъи. Мисалалъе, «Псковская губерния» газеталъ чанги нухалда хъвана гьезул икълималдаса Украиналда арал ва гьенир чIварал солдатазул хIакъалъулъ. Гьединал репортажал рахъана «Новая газеталъги», «Коммерсанталъги», «Ведомости» газеталъги. Амма Россиялъул хIукумат жиндиралда чIун буго жеги ва абулеб буго Украиналда солдатал унел ругин Россиялдаса, амма гьел ругин армиялдаса нахъе арал чагIилъун.

Дагъистаналдаса «Черновик» газеталъул лъазабиязда рекъон, республикаялдаса къоло хадув солдат хун вуго Украиналда. Газателъ хъвавухъе, Донецк ва Луганск икълимазда ругел рагъулал конфликтазда чIвана Буйнакск мухъалъул Гъоркьа Гъазданущиб ва Атланаул росулъа чагIи, Дербент мухъалъул Белиджи росулъа чагIи, Хасавюрт мухъалъул Шагьада ва Аксай росулъа чагIи, руго хварал Бабаюрт, Гъизляр ва Гъизилюрт мухъаздасаги.

«Новое дело» газеталъ хъвавухъе, конфликтазде солдатал унел армиялдаса жал нахъе къотIичIого рукIиналъе гIоло. Украиналде аразда гъорлъ киналго руго контрактникал ва гьелгун хъвараб-къотIи солдатал хун хадуб бихьизабулеб буго. Гьелда рекъон, солдатал армиялдаса жалго нахъе ана ва хадур ана Украиналде.

Хварал солдатазул гIагарлъиялдаса чагIи журналистазе баянал кьезе хIинкъулел руго. «Эркенлъи» радиоялъ хIалбихьана кIалъазе МахIачхъалаялдаса Аминат Мурадовагун, цIар хисараб абулеб буго. Гьелъул рос Ставрополь икълималда рагъулаб бутIаялда контрактник хIисабалда хIалтIулев вукIана. Щвараб информациялда рекъон, гьев витIун вуго Донецк икълималде ва гьенив чIван вуго. Мурадовалъ инкар гьабуна баянал кьезе. Гьелъул номер радиоялде кьурал чагIазда Мурадовалъ абун буго журналист кIалъалев вукIанин ва гьесие жинца гьереси бицанин жиндир рос Украиналда хвечIин. Гьелъ абуралда рекъон, гьей хIинкъулей йиго баянал кьезе. Лъихъаса ва сундаса хIинкъулей йигейали гьелъ бицун гьечIо.

«Черновик» газеталъул вакил МухIамад МухIамадовас «Эркенлъи» радиоялъе абуна жидееги баянал кьолел гьечIин чIваразул гIагарлъиялъ.

МухIамад МухIамадов: «Нижехъ бугеб информациялда рекъон, гьенир чIван руго къоло хадув чи. Дагъистаналъул батIи-батIиял мухъаздаса чагIи руго гьел. Цо-цоязул гIагарлъиялъухъе ниж щун рукIана. Гьез бицунеб буго жидер васал, росал, вацал чIванин Украиналда, гьадинаб рагъулаб бутIаялда рукIанин гьел, амма газеталъе баян кьеян абидал, гьезул хабар гьоркьоса къотIулеб буго. Аноним хIисабалда цин бицунеб гьечIо. Жал хIинкъулел ругин абулеб буго, жидер телефоназухъ гIенеккулел ругин абулеб буго. ЧIваразул цIарал тIатинари дида лъикIаб ишлъун бихьулеб буго. Щайгурелъул, Украиналда хварал соладатал, документазда рекъон, жидерго рагъулал бутIабазда хвараллъун ратулел рукIана. Мисалалъе, хъвалеб буго документазда рагъулал малъа-хъваял унел мехазда хванилан».

Араб соналъул сентябралда интернеталда баккана информация Украиналда 400 дагъистанияв чIван вугин рагъда. Гьеб информация кисса-кибего тIибитIана, амма мухIканлъи гьелъие лъицаниги кьечIо.

Гьанибго тIаде жубала, «Ставрополь икълималдаса солдатазул улбул» абураб гIуцIиялъул нухмалъулей Людмила Богатенковалъ лъазабуна, Украиналда унеб рагъулаб конфликталда гIахьаллъулел Россиялъул солдатазул сияхI бугин жиндихъ кодоб ва гьеб сияхIалда рехсон бугин щунусго хадуб цIар. «ГIемерисел руго Дагъистаналдаса, Чечняялдаса, Шималияб Осетиялдаса», - илан абуна Богатенковалъ «Дождь» каналалъе. Гьелъ гьединго тIаде жубана, Украиналде арал солдатазе 250 азарго гъурщидалъун премия кьолеб бугин. Амма гьелъ мухIкан гьабичIо лъица гьеб кьолеб бугебали.

XS
SM
MD
LG