МагъчIваялъе рес

Хасавюрт мухъалда чIван вуго кIиго полицияв


Хасавюрт мухъалда ккараб кьвагьиялъул хIасилалда чIван вуго полициялъул кIиго хIалтIухъан. Гьелда сверун батIи-батIиял информ-алатаз кьолел баянал батIи-батIиял руго. Жанисел ишазул министерлъиялъ кьолеб буго жидерго баян. Гьединго ва изну гьечIого яргъидгIуцIаразулгун хурхен букIиналда щаклъи букIун ккурав Ибрагьимов Сабирие туснахъалъул цо моцI бихьизабун буго.

Хасавюрт мухъалъул Октябрское росдада гIагар кIиго полициялъулал чIван ва кIигоял лъукъун руго щалали лъаларез гьезул машинаялде гьабаураб кьвагьиялъул хIасилалда. Гьедин лъазабулеб буго низам цIунулез.

6 январалъ къаси сагIат микьго тIубараб гIадаб мехалъалъ, Октябрское росдада гIагар бугеб Октябрское-Хасавюрт нухлул бутIаялда полициялъул хIалтIухъабазул Приора автомобилалда речIун буго маскаби хураз. КIиго полициялъул хIалтIухъан гьенивго хун вуго, кIигояв лъукъун вуго.Кьвагьи гьабурав ккун вуго, амма гьабураб дандечIеялъул хIасилалда гьев чIван вуго. ТIадекIанцIаразул кумекчагIи ратизе рес букIиналъ, цIех-рех гьабулеб буго Октябрское росулъ.

ЧIварав такъсирчиясул цIар чIезабун буго. Гьев ватун вуго Хасавюрт мухъалъул ЦIияб Гъагъалъ росулъа ХIамзатов МухIамад.

Гьесул рокъоб низамцIунулез бараб чIухьалъул хIасилалда батанин ярагъ ва кьвагьулеб алатин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Жанисел ишазул министерлъиялъул хIалтIухъанас.

Гьесул баяназда рекъон, 6 январалъ полициялъул бутIаялде бачIун буго ахIун Октябрское росдада гIагар жаназа бугилан абун. Гьенире такъсирчагIаз гуккун ахIун руго полициялъулал.

АхIмадов АхIмад: « КIигоял чIвана кьвагьиялъул хIасилалда. Гьенир рукIана кIиго полициялъул хIалтIухъаби. Гьел кIиялго захIмат лъукъун рукIиналъ, азарханаялде щвелалде хвана. Такъсирчи цо гурого вукIинчIо. Гьесул рокъобги, ЦIияб Гъагъалъ росулъ, бана чIухь. Гьениб батана автомат ва кьвагьизе хIадурараб алат, телефоналда хурхинабураб. Кьвагьулеб алаталъулъ къуват бащалъана кIиго кила тротиллалда. Техниказ гьеб гьенибго кьвагьизабуна. Кьвагьиялъул хIасилалда минаялъе зарал ккана».

Социалиял гьиназда гьеб лъугьа-бахъин баян гьабулаго цо-цояз гьеб бухьинабулеб буго жакъа насраниязул динияб байрам букIиналда. Амма цо гьеб гуребги батIиял гIиллабазухъ хал гьабулеб бугин низам цIунулезин баян гьабулеб буго цIех-рехалъул идараялъ.

Гьединго Хасавюрт шагьаралда рокъоса ккун вачун арав Ибрагьимов Сабирие цо моцI туснахъалъул бихьизабун буго Хасавюрт шагьаралъул диванханаялъ. Амма гьеб хIукмугун рази гьечIо ккурасул адвокат Гъазиев ГIабдула. 27 декабралда рокъоса ккун вачун арав Ибрагьимов цо къоялдаса гурого кив вугевали лъачIо гIага-божаразада. Гьеб заманалда гIагарлъиялъ гьесие ихтиярал цIунулев ккун вуго. Амма низамцIунулез Ирагьимовасухъа суал боси гьабулаго гьенив хIукуматалъ толев адвокат вукIун вуго. Гъазиевас лъазабулеб буго гьеб къануналда данде кколарин.

ГIабдула Гъазиев: «5 январалда Хасавюрталъул диванханаялъ хIукму къотIана гьев туснахъ гьавизе. Гьесде гIайиб гIунтIизабулеб буго изну гьечого яргъидгIуцIцIаразулгун рухьенал рукIиналда. Амма гьесухъа суал боси къануналда рекъон гьабун гьечIо. Гьениб, дун гьесул иш тIаде босун хIалтIулев вукIаго, хIукуматалъ толев ихтиярал цIунулевги вукIун цIех-рех гьабун буго. Гьес кинабго гIайиб тIаде босун буго хIал-хулму гьабун. ГьабсагIат гьев Хасавюрталъул туснахъалда вуго. Ибрагьимов живго разилъун вуго хIукуматалъул адвокатас жив цIунизе. Инсуца ккурав адвокатги тун. Кин гьединаб жо букIунеб? Гьеб ва цогидал къанунхвеялъул хIужаби рукIиналъ Ибрагьимовасул ишалъул цIидасан халгьаби тIалаб гьабизе буго».

Адвокатасул баяназда, билълъун араб бугила цин кьурал сияхIалдаса ккурас инкар гьабунани гьев МахIачхъалаялъул туснахъалде вачун, гьенив ккурасе хIал-зулму гьабун, гьев хIинкъизави. Гьединлъидал, гьев Хасавюрталдаса МахIачхъалаялде вачинеги рес бугила.

XS
SM
MD
LG