МагъчIваялъе рес

Лъимал инсуца хьихьизе ккола


Шималияб Кавказалъул регионазда гьоркьоб алиментазул налъулал бищунго гIемер руго Дагъистаналда. Гьедин лъазабулеб буго диваналъул хIукмуял тIуразариялда хадуб халкколеб идараялъ. Экспертазул рагIабазда рекъон, республикаялда гIемерисезда алиментазул суалал лъалел гьечIо ва гьединлъидал чара гьечIого къваригIун буго информалатаз гьелъул бицине.

Араб соналда Дагъистаналда диваналъул хIукмуял тIуразариялда хадуб халкколеб идараялъ Россиялдаса цогидал улкабазде риччан гьечIо тIад налъи бугел 11 500 чи. Гьел киназдаго тIад бугеб гIаммаб налъидул къадар 3 млрд гъур цIикIкIараб буго.

Рехсараб идараялъул лъазабиязда рекъон, къватIире риччачIезда гъорлъ гIемер руго алиментазул налъулал - гIага-шагарго 3 азарго чи. Жибго республикаялдани жидеда тIадкъарал алиментазул тIалабал тIураларезул къадар Шималияб Кавказалда бищун цIикIкIараб бугин абуна идараялда.

Идараялъул вакил МухIамад ГIумаровас бицаралда рекъон, жакъа къоялда алиментал кьоларезда хурхун анкьазаргоялдаса цIикIкIун цIех-рех рагьун буго. «Ралагьулелги руго гIемер чагIи. ГIабсагIаталда абуни, приставаз валагьулев вуго гIага-шагарго анлънусгояв. Алиментал кьоларезул магIишатги бахъула, такъсир гьабиялъул ишалги рагьулел руго, амма налъулал дагьлъулел ругин абизе кIоларо», - ян бицана ГIумаровас.

Дагъистаналдаса адвокат Елена Денисенкоца абуралда рекъон, алиментал лъица ва кида кьезе кколел мухIканго лъалеб гьечIо республикаялда. Мисалалъе, гIемерисез рикIкIуна рос-лъади ратIалъарал мехалда росас лъимал хьихьизе кьолеб гIарац бугин алиментал. Гьединго гIемерисезда ккола исламалда рекъон гьабураб ригьин биххун батани, Россиялъул къануназда рекъон алиментал кьезе кколарин.

Адвокаталъ абухъе, ахирияб заманалда гьелда бихьулеб буго республикаялда гIемерисала ригьин шаригIаталда рекъон гьабулеб бугеблъи. «Официалиял къануназе батIалъи гьечIо, бугищ ригьин диналъулаб яги Хъизаналъул кодексалда рекъон гьабураб. Ригьин букIаниги гьечIониги батIалъи гьечIо. Гьединго къануналъе батIалъи гьечIо бугищ ригьин яги биххунищ гьеб бугеб. Росас лъабго рагIиги абун хъизан рехун тола ва къануназда рекъон ригьин биххуларо. Гьелдалъун гIемерисезда ракIалде ккола алиментал рахъине кIоларин. Лъимадул инсухъа гIарац тIалаб гьабизе бегьула кIиабилей яги лъабабилей чIужуялъги. Лъимер жиндир гьечIин гьес абулеб батани, гьев тIамула ДНКялъул экспертиза гьабизе», - ян абуна адвокаталъ.

Денисенкол рагIабазда рекъон, гьеб кинабго гIадамазда лъалеб букIарабани алиментал кьоларел налъулазул официалияб къадар республикаялда жеги цIикIкIараблъун ккезе букIана.

Диваналъул хIукмуял тIуразариялда хадуб халкколеб идараялъул вакил ГIумаровасул рагIабазда рекъон, гьез хIаракат бахъула информациялъулаб пропаганда гьабизе. Мисалалъе, гьез мажгитазул имамалцин кумекалъе ахIула. «Рузманазда имамаз вагIза цIалула инсуца жиндирго лъимал рехун тезе бегьуларин», - ян бицана ГIумаровас.

БатIалъи гьечIо: бугебищ ригьин яги биххарабищ – лъимал инсуца хьихьизе кколаян, абуна МахIачхъалаялъул Котровасул цIаралдалъун бугеб мажгиталъул имам хисулев Къурбан Аскандаровас. Гьесул рагIабазда рекъон, мажгиталде алиментазул суалалгун рачIуна гIадамал ва гьезие консультациял гьаризе мажгиталда гIуцIана хасаб комиссия.

Гьеб комиссиялде гъорлъе уна шаригIаталъул фикъгьи лъалел лъабго чи. Гьезда гъорлъ вуго адвокат Зиявудин Увайсовги. Гьесул рагIабазда рекъон, Россиялъул къануназда рекъон, алименталъул тIалабал тIуралес харжалдаса мухIканаб процент кьола. ШаргIалдани абун буго инсуца лъималазе ретIел-хьит ва квен чIезабизе кколин, амма мухIкан гьабун гьечIо гьезул кинаб къадар букIине кколебали.

Диваналъул хIукмуял тIуразариялда хадуб халкколеб идараялъул вакил ГIумаровас «Эркенлъиялъе» абуна, алиментал кьоларезда хъинтIун такъсир гьабиялъул ишал рагьизе кколел ругин цо-цо мехалда.

МухIамад ГIумаров: «Алиментал кьолерезда хурхун такъсир гьабиялъул ишал рагьула ТамихIалъул кодексалда рекъон. Диваналъ туснахъ гьаруралги руго Дагъистаналда. Амма алиментазул налъулал гIемерлъулел руго республикаялда. Идараялъ батIи-батIиял нухал ралагьулел рукIана гьезул къадар дагьлъизабизе. Мисалалъе, рекламалъе лъурал хъарщазде ва экраназде лъазабиял лъолаан пуланав чиясул суратги лъун. Сураталда гъорлъ гьев чиясул цIарги хъвала, лъималазе гьес кьезе кколел алиментазул къадарги хъвала. Жидерго суратал рихьун ва нечон алиментал кьезе рачIуна чангиял. Цо-цоязни бицуна жидер хIалтIи гьечIин, гIарац босизе бакI гьечIин. Гьединазда нижеца абула хIалтIудалъун гIадамал хьезариялъул централде аян ва централъ сияхIалде восилин».

КъватIисел улкабазде риччаларо анцIазарго гъурщидаса цIикIкIун налъи тIад бугел. «Психея» абураб жамгIияб гIуцIиялъул хIалтIухъан Элина Славинскаялъул рагIабазда рекъон, алиментазул налъулал республикаялдаса къватIире риччазе кколаро ва батIалъи гьечIо гьезда тIад кинаб налъи бугеб.

«Дагъистан рикIкIунаан динияб республикалъун. Амма щайха гьединаб республикаялда гIемерлъулел ругел алиментазул налъулал? Санаидаса санаиде хIежалде унезул къадар цIикIкIунеб буго ва гьебгун цадахъ алиментал кьоларелги гIемерлъулел руго», - ян абуна эксперталъ.

XS
SM
MD
LG