МагъчIваялъе рес

«Кагътил чахъабазе» щолел грантал


Дагъистаналъул фермеразе бергьун руго гIаммаб къадар 67 млн. гъурщиде бахунел грантал. Аслияб куцалда гьеб гIарцухъ разе рагIула фермаби. Амма кванил нигIматал гIезари бигьаяб жо бугин, гIезарурал гьел ричизеги, пуланаб заманаялъ жанир цIунизеги рес гьечIолъиялъ тату хвезабулеб бугин абулеб буго росдал магIишаталда хIалтIулел дагъистаниязул цо къадаралъ. Гьезулго пикруялда, пачалихъалъул кумек росдал магIишаталда хIакъикъаталдаги хIалтIулел гIадамазе гуреб «кагътил чахъаби» ругезе щолеб буго.

Дагъистаналда бугеб росдал магIишаталъул 15 гIуцIиялъе щун буго араб соналда 67 млн гъурущ. Гьеб ккола гьел гIуцIабазе, ай фермеразул магIишатазе, грантал бергьиналъул хIасил.

Гьелда гьоркьоса 20 млн гъурущ буго республикаялъул бюджеталдаса биччараб, 47 – федералияб. Цо грант букIун буго щуго млн гъурщил багьаябгицин. Бищун гIемер гьел щун руго Буйнакск, Унсоколо, Шамил ва Гъизилюрт мухъазда ругел гIадамазе.

Грантал бергьарал чагIаз гьеб гIарцуде аслияб куцалда фермаби разе рагIула.

Амма гьеб грантазул къецалда рази гьечIо гьелда бергьинчIел гIадамал. Гьедин гьал къоязда гьел дандчIвана Дагъистаналъул нухмалъулесул вакил ГIалибег ГIалиевгунги. Грантал щвезе ккани, нус-нус аза-азар гъурщил къадаралда ришватал кьезе кколел рукIанин гьенире, гьеб гIарацги кьун грантал щвечIел чагIигицин ругин бицана гIадамаз хъулухъчиясе. Амма цIар-цIарккун лъица гьеб гIарац жидехъа босарабали бицине гьел нахъе къалел руго. Къецалда гIахьаллъулевщинасда тIадаб букIун буго живго жиндаго чIарав предприниматель хIисабалда хъвай-хъвагIай гьабизе. Амма къануналда рекъон, гьенир гIахьаллъизе кколел рукIун руго гьанжего-гьанже гIуцIулел предприятиязул, бизнес-проектазул бетIергьаби. Гьединго лъил бизнес-проекталъе кигIан балл щварабали къватIиб киназдаго бихьулеб бакIалда чIвазеги кколеб букIун буго. Амма чIван гьечIо.

Гьел грантазул хIалтIи гьабулеб букIана республикаялъул промышленносталъулгун дармил ва инвестициязул министерлъиялъ. ЦIияб соналда бан кьурал гIодоркъоял лъугIаралго министр Юсуп ГIумавовасдаса тIалаб гьабизехъин буго цевехун рехсарав ГIалибег ГIалиевас гьеб суалалъе жаваб.

Буйнаксиялда гIумру гьабулеб цо хъизаналдаса анлъго чиясе щванин гьел гранталин хъван букIана гьанжегIагар «Черновик» газеталъги. ГIемерисез кIвар буссинабулеб буго Вагьабов Батыр абулев чиясе щвараб 600 азарго гъурщил багьаяб гранталдеги. Гьев ккола даран-базар цебетIезабиялъул рахъалъ Дагъистаналда рагьараб централъул нухмалъулесул вас. Гьебго централда бизнес-проектазе къимат кьолев чилъун хIалтIулев рагIула гьеб централъул нухмалъулесул цогидав васги.

Хунзахъ мухъалъул МочIохъ вуго нусидаса цIикIкIараб гIиги жинцаго гIезабун, пачалихъалдаса гъурщил къадаралдагицин кумекги щвечIев чи. МухIамадов Пирбудагъ ккола гьев. ГIи-боцIухъабаздехун гьединаб бербалагьи хадубккунги букIине бугони, кватIичIого гIолохъанабщинаб гIелги шагьаразде гочун, чIунтизе бугин магIарухълъиян рикIкIунеб буго Пирбудагъица.

МухIамадов Пирбудагъ: «Нусго гIиялъажо буго дир. Нусалдаго тIаде бачIуна магъалоги – гьел кваназарурал мучIдузухъила, гьезие бецараб харихъилан. Амма гьелдаго цадахъ квасухъ щибниги кьолеб гьечIо нижее. Гьан буго капкил бакIалде ккун. Гьединан хутIулеб бугони, щивниги чи хутIуларо гьанив росулъ, киналго бетIербахъи гьабизе эхере гочуна. Гьеб мехалда газги къваригIунаро нижее, цогидабги къваригIунаро. Гъол «папкабазда жанир ругел» чахъабазе щолеб буго гIарац, хIакъикъиязе щолеб гьечIо. Цо соналъ щун букIана гьеб – цо гIакаялда тIаде азарго гъурущищали. Гьелда цебехун щуго гъурущищали гIияеги кьун букIана».

ЭР: «Росдал магIишаталда хIалтIулел чагIазе гьанже гIезегIан гIарац щванин рагIанаха?»

МухIамадов Пирбудагъ: «Цониги чахъу гьечIел чагIазе щола гъоб. Жакъа кормаялъул тонна бахун буго 13 азарго гъурщиде. Бецараб хер буго гьале гьаб бакIалда магIарухъ 200 гъурщиде».

ЭР: «Пачалихъалъухъа кумек тIалаб гьабун кивениги хъвадарун хIалтIи гьабичIебищха дуца?»

МухIамадов Пирбудагъ: «Мисалалъе, дир вацгIалги цогидалги руго гъора хъутаналда фермеразул магIишатги рагьун, аза-азар гIиги хьихьун. Гъозиецин цо гъурущ кьоларо хIукуматалъ. Диеги кьоларо, диде иргайищ бугеб?... Жакъа нижер Хунзахъ мухъалда кIинусазарго гIи буго (бищун кутакаб СССРалъул заманаялъгицин букIинчIеб)».

ЭР: «Гьелни хъван «гIезарурал» жал ратила».

МухIамадов Пирбудагъ: «Унха, «кагътил» чахъаби, чIереха».

Росдал магIишаталдаги хIалтIун нигIматал гIезари бугин бигьаяб жо, амма гьеб бичизе захIмалъулеб бугин бицана ЭР-ялъе Бабаюрт мухъалда бугеб лъаратIисезул хъутаналдаса ХIажиев ГIабдулаца.

ХIажиев ГIабдула: «Гъоб бичи буго цIакъго захIматаб суал. МахIачхъалаялъул базар буго цо хасал чагIаз кодобе босун. Гъоз абураб багьаги кьечIого нахъе босани, нижеца бичизе хъураб жо махIцуна, хола».

Гьедин МахIачхъалаялъул базаралда ругел гьоркьохъабаз абураб багьаги кьун нахъе ине кколин хъутанчагIиян бицана ГIабдулаца. Гьедин нигIматал гIезарурал жидее бащдаб багьа гурони щоларила. Гьедин захIматго букIаниги гьан бичизе бажарулила МахIачхъалаялда, амма пихъ росулъго тезе кколила. ГIабдулал буго батIи-батIияб пихъил 150 гъветI. Гьесдаго релълъун цогидал хъутанчагIазулги буго.

ХIажиев ГIабдула: «БукIарабани цо гьитIинабгIаги консервазул завод, цех, комбинат. Ялъуни нахгун хIан бахъулеб завод. Гьединго гьанал цо чамалиго нигIмат хIадурулеб гьечIищ гьаб заманаялъ? Гьелъул гIезегIан хайирги букIинаан гьаниб. Нижер мухъалъул киналго росабиги руго гьанир мадугьалихъ, цо-кIиго гурони километраги гьоркьоб гьечIого».

Гьеле гьединал бакIал разе щайин гъоб хIукуматалъ хвезабулареб гьагъабгунияб гIарац, гьорал-бокьал разе багьанаялда грантаздалъун хIурудахъ биччачIогойин гьикъулеб буго хъутанчагIаз.

XS
SM
MD
LG