МагъчIваялъе рес

Рималъул папа чIвазе хIалбихьарав Мегьмет ГIали Агджаца тIугьдул лъуна понтификасул хобалда.


1981 соналда Рималъул папа Иоанн Павел II чIвазе хIалбихьарав Туркиялъул гражданав Мегьмет ГIали Агджаца гьатIан къоялда тугьдул лъуна Ватиканалда вукъарав понтификасул хобалда.

Гьеб гали гьес баянлъизабуна моралияб къварагIилалдалъун.

1981 соналда гьес Рималъул папа лъукIана чехьалда ва квералда таманчIа речIчIун.

КIиго соналдаса Иоанн Павел II щвана туснахъалде ва тIаса лъугьана Агджадаса.

Ахирисес туснахъалда бахъана 19 сон.

XS
SM
MD
LG