МагъчIваялъе рес

Индонезиялъул аэробус тIагун буго радаразул экраназдаса


AirAsia компаниялъул Индонезиялдаса Сингапуралде унеб 162 пассажир тIад вукIараб А320 аэробус тIагIана гьатIан къоялда радаразул экраназдаса.

Гьеб заманалда гьеб букIун буго Ява чIинкIиллъиялъул ралъдал зонаялда тIад.

Лъазабиязда рекъон аэропланалъул борталда вукIун вуго Индонзиялъул 156 гражданав, Жанубияб Кореялъул - лъабго чи, Малайзиялъул - цо чи.

Цо-цо чи вукIун вуго Британиялдасаги, Франциялдасаги Сингапуралдасаги. Хадур раккарал лъазабиязда абулеб буго гьединго, гьелда тIад Украиналдаса кIиго пассажирги вукIанин.

Аэропланалъул къисматалда хурхун мухIканал лъазабиял гьанжеги гьечIо. ТIобитIулеб буго гьеб балагьиялъул операция.

Гьелда гIахьаллъулеб рагIула чанго улкаялъул хвасарчагIи.

XS
SM
MD
LG