МагъчIваялъе рес

Пан Ки Муница Пакистаналъул нухмалъи ахIана чIваялъул тамихIалъул мораторий нахъе буссинабиялде


Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул генералияв секретарь Пан Ки Муница Пакистаналъул нухмалъи ахIана чIваялъул тамихIалъул мораторий нахъе буссинабиялде.

ООНалъул пресс-секретарь Стефан Дужаррикица лъазабуна, Пан Ки Муница ахIанин телефоналдасаххун рузман къоялда Пакистанлъул премьер-министр Наваз Шарифихъе ва гьев ахIанин тамихI гьабиялъул бищунго ахирисеб къагIидаялдаса инкар гьабиялдейин.

Шарифица рагIи кьун буго Пакистаналъ киналго юридикиял нормаби тIуразаризе рукIиналъул, амма гьес абун гьечIо туснахъал чIваялъул тамихIалъул къагIидаялъе мораторий нахъе буссинабизе бугин.

Пакистаналъул премьер-министрас диваналъул хIукмуялда рекъон гIайибиял чIваялъул мораториялдаса инкар гьабиялъул хIукму гъулбасун букIана талибаз Пешеваралъул школаялде тIадекIанцIи гьабун, 151 чи, гьездаго гъорлъ 142 цIалдохъан чIван хадуб 16 декабралда. Гьелда хадуб улкаялда чIван вуго диваналъул хIукмуялда рекъон анлъго чи.

XS
SM
MD
LG