МагъчIваялъе рес

Бакуялда прокупатураялъул хIалтIухъабаз чIухь бана «Радио Азадлыгалъул» офисалда


Азербайджаналъул Генералияб прокуратураялъул хIалтIухъабаз рузман къоялда «Эркенлъи» радиоялъул Бакуялда бугеб Азербайджаналъул сервисалъул бюроялъул офисалда бана чIухь.

Низам цIунулез бихьизабуна гьеб тIобитIиялъе кьураб официалияб ордерги. «Радио Азадлыгалъул» сайталда лъазабулеб буго, жал махIрум гьарун ругин телефоналъул бухьеналдасаги интернеталдасагийин.

Жанир рукIарал хIалтIухъабазе изну кьолеб букIинчIин компьютеразде аскIоре къазе.

ЧIухь балеб мехалда прокуратураялъул хIалтIухъабаз нугIзабийин абун, жидедаго цадахъ рачун рукIанин щалали лъаларел гIадамалин.

Ахир къадги прокуратураялъул хIалтIухъабаз жидерго мугьруги лъун къан буго гьезул офис.

Магърибалъул улкабаз ва халкъазда гьоркьосел гIуцIияз квешаб къимат кьолеб буго Азербайджаналъул тIалъиялъе гьелъ лъиданиги рачIел журналистаздеги инсанасул ихтиярал цIунулездеги тIадецуй гьабулеб букIиналда бан.

XS
SM
MD
LG