МагъчIваялъе рес

2014 соналда дунялалда хун вуго 60 журналист


2014 соналда жаниб жидерго профессионалияб налъи тIубазабулеб мехалда дунялалда хун вуго бищун дагь босун 60 журналист.

23 декабралда бахъараб Журналистал цIуниялъул комитеталъул докладалда бихьизабухъе, гьезда гъорлъ гIемер руго халкъазда гьоркьосел репортерал.

Гьеб къадар рагIула цебесеб докладалда бихьизабураб къадаралдаса кIиго нухалъ гIаги цIикIкIараб. Хварал журналистазул бащадаб къадар гIумруялдаса батIалъун буго ГIагараб машрикъалъул улкабазда.

Хадуб-цебе лъабабилеб соналъ журналистазул гIумруялъе бищунго кIудияб хIинкъи бугеб улкалъун хутIулеб буго Сирия. 2001 соналдаса тIоцебесеб нухалда журналистал чIван руго Украиналда.

XS
SM
MD
LG