МагъчIваялъе рес

Amnesty International-алъ кIвар буссинабилеб буго "Исламияб пачалихъ" гIуцIиял гьарулел такъсиразде


Amnesty International абураб халкъаздагьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ биччараб докладалда бицунеб буго «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул гIахалчагIаз езидазул руччабазда хурхун гьарулел такъсиразул хIакъалъулъ.

Экстремистаз Шималияб ГIиракъалда езидазул руччабиги лъималги лагъзабазде руссинарулел рукIанин.

Докладалда буго исламистазул хьвада-чIвадиялдаса жидее зарал ккарал руччабазулги ясазулги нугIлъиял.

Докладалда абулеб буго «руччаби ричун росулел рукIанин, гьел сайгъат хIисабалда кьолел рукIанин, гьезул разилъи гьечIого россасе кьолел рукIанин, сексуалияб хIал гьабулеб букIанин ва гIазаб кьолеб букIанин. Гьединазда гъорлъ чанго 10-12 сон барал лъималцин рукIанин.

XS
SM
MD
LG