МагъчIваялъе рес

Назарбаевас Россиягун Украина маслигIаталде ахIулел руго


НурсултIан Назарбаев ва Петр Порошенко Киевалда пресс-конференциялда, 22 Дек2014
НурсултIан Назарбаев ва Петр Порошенко Киевалда пресс-конференциялда, 22 Дек2014

Казахстаналъул президент НурсултIан Назарбаевас Киевалде бухьараб сапаралъул гIурхъабалъ Россиягун Украина ахIана Украиналъул машрикъалъул рахъалда бугеб конфликталъе ахир лъей ва Украиналъул территориалияб цолъи цIуни мурадалда компромиссал ратизе.

22 декабралда Казахстаналъул президент НурсултIан Назарбаевас Киевалде бухьараб сапаралъул мурад букIана Украинагун Казахстаналда гьоркьор дармил къотIиял цIигьари. Гьездаго гьоркьоб тIорччол ва улка цIуниялъулгун-индустриалияб рахъалъ контрактал гьариги.

«Дица хитIаб гьабулеб буго Россиялде ва Украиналде, гьеб конфликт рагIалде бахъинабизе ва Украиналъул территориалияб цолъи цIуниялъе гIола компромиссал ратейин. Гьеб буго кинго букIине бегьулареб ситуация»,-ян абулеб букIана Назарбаевас Украиналъул президент Петр Порошенкогун рукIарал кIалъа-ралъаяздаса хадуб.

Россиялъ Крым Украиналдаса тIезабуралъухъ ва Украиналда бугеб конфликталда Москваялъул гIахьаллъи букIиналда бан магърибалъ Россиялде данде санкциял гьарураб мехалда Кремлалъги лъазарун рукIана жавабиял санкциял. Гьелъ гьукъун букIана магърибалъул импорт. Гьелъул хIасилалда дармил рахъалъ ричIчIунарел бакIал лъугьун руго Украиналда ва Казахстаналда гьоркьор.

Назарбаевас рикIкIунеб буго конфронтациялъ ва санкцияз «рес къотIиялде рачунин».

НурсултIан Назарбаев: «Гьеб ситуациялдаса рорчIизе рес буго. Щайгурелъул ахIвал-хIал хIалуцин ва цоцазе гьарулел санкциял-гьеб буго рес къотIиялде рачунеб нух. Дица рикIкIуна, конфликт рагIалде бахъинабизе нухал ратизе рес бугин. ЦIигьаризе ккола нилъер улкабазул ва дармил аслияб партнерлъун кколеб Россиягун гьоркьорлъаби».

Гьес гьединго абуна Казахстангун Украиналъ гьарунин тIорччол дармида сверун къотIи-къаялгийин. Россиялдаса тIабигIияб газ бичун босулеб ва жиндир тIурччи бахъулел мухъазда сепаратистазул дандечIей бугеб Украиналъ гьанже тIурччи босизе буго тIабигIиял бечелъаби гIемераб Централияб Азиялдаса.

НурсултIан Назарбаев: «Нижеца байбихьудаго гьабуна тIорччол дармида хурхараб къотIи. Гьеб босизе буго Экибастузалъул турччи бахъулел магIданаздаса. Гьеб буго гьеб мухъалда бищунго учузго турччи бахъулеб магIдан».

Жиндирго иргаялда президент Петр Порошенкоца абуна жидер улкабаз «рухI речIчIизабизе бугин рагъулабгун-техникияб рекъонхIалтIиялда» ян.

Петр Порошенко «Нижеца цIигьабулеб буго рагъулабгун-техникияб рекъонхIалтIи. Украиналъул рагъулабгун-индустриалияб комплекс тIубанго хIалтIизабизе буго Казахстан цIуна-къаялъул рахъалъе къваригIаралъуб».

Порошенкоца щиб букIаниги мухIкан гьабичIо, амма бичIчIизабуна Россиялъул рахъ ккурал сепаратисталгун багъулеб бугеб Украиналъе Казахстаналъ рагъулаб кумек гьабизе бугин гуреб, Казахстан цIуна-къаялъул суалазулъ Украиналъул рагъулабгун-индустриалияб комплексалъ гIахьаллъи гьабизе букIин.

Украиналъул машрикъалъул рахъалда рагъулаб конфликт халат абахъунеб буго исана апрелалдаса нахъе. Гьанжеялде гьеб конфликталда чIван вуго 4700-ялдаса цIикIкIун чи.

Россиялъ Крымалъе аннексия гьабиялдаса хадуб Казахстаналда ва Совет Союзалде гъорлъе унел рукIарал цоги улкабазда рахIатхвей цIикIкIана гьединабго сценарий Россиялъ жиде-жидер улкабаздаги хIалтIизабизе рес букIиналда бан, хасго этникиял гIурусаз гIумру гьабулел гьезул регионазда.

Магърибалъулгун Россиялъул гIемерго лъикIал гьечIел гьоркьорлъабаз ва Россия изоляциялда букIиналъ Казахстаналъул рахIатхвей цIикIкIинабулеб буго. Щайгурелъул Белорусиягун цадахъ Россия Кумурук цолъиялда ай Таможенный союзалда Казахстаналъул партнер букIун. Гьеб цолъи Евразиялъул экономикияб цолъиялде сверизабизе букIана 1 январалдаса байбихьун.

Назарбаев Украиналде щвана Белорусиялъул президент Александр Лукашенко гьениве щун нахъисеб къоялъ. Белорусия ккола Россиялъул гIемерал гьечIел рагъулал партнеразул цояб.

Порошенкогун букIараб данделъиялда Назарбаевас гьединго абуна Украина бугин Казахстаналъул кIвар кIудияб дармилгун-экономикияб партнерин, амма ахираб соналда жаниб улкабазда гьоркьоб букIараб дарамил къадар лъабго бутIалъ гьитIинлъун бугин. Назарбаевасул пикруялда цересел тарихазде тIадруссине ресал жеги цIунун хутIун руго.

Порошенкоца Казахстаналъул бетIерасе баркала кьолеб букIана «Украиналъул территориалияб цолъи цIуниялъул суалалъул рахъалъ гьес щулияб позиция ккун букIиналъухъ».

Талат къоялда Казахстаналъул президент вачIине вуго Москваялде Россиялъул президент Владимир Путингун дандчIвазе. Кремлалъул пресс-хъулухъалъ лъазабулеб буго рахъаз дандразе ругин энергетикагун экономикаялда хурхенал ругел суалалин.

XS
SM
MD
LG