МагъчIваялъе рес

Диваналъ хIукму къотIун 500-гIанав чи чIвазе вуго Пакистаналда


Террористияб хIаракатчилъиялъул гIайиб гIунтIизабун хадуб жидеда хурхун диваналъ хIукму къотIун 500-гIанав чи чIвазе вуго гIагарисел анкьазда Пакистаналда.

Гьелъул хIакъалъулъ гьатIан къоялда лъазабуна улкаялъул Жанисел ишазул министерлъиялъ. Идараялъул бетIер Чоудри Нисар ГIали Ханица абухъе, гьел гIадамазда бан гIурхIел гьабиялъул гIарзаби нахъ чIван руго президентас.

«Диваналъул хIукму тIубазабизе байбихьизе буго гIагарисеб кIиго анкьалда жаниб», - ян лъазабуна министрас. Гьесулго рагIабазда, терроризмалъул гIайиб чIезабурал чIваялъул мораториялдаса инкар гьабиялъул хIукму гьабуна 16 декабралда Пешеваралда школалде тIадекIанцIи гьабилелда цебе.

Пакистаналъул премьер-министр Наваз Шарифица мораторий нахъе бахъиялда хурхараб документ тасдикъ гьабуна школаялде гьужум гьабун хадусеб къоялда. Гьелъул хIасилалда хвана 132 цIалдохъан ва цIалул идараялъул ичIго хIалтIухъан.

Мораториялдаса инкар гьабун диваналъул хIукму тIубазабун чIван вуго анлъго чи.

XS
SM
MD
LG