МагъчIваялъе рес

Лавровасе кьураб «ункъго Буратино»


Америкаялъул Washington Post газетаялъ «ункъго Буратино» кьун буго Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровасе Америкаялъул Конгрессалъул гIахьалчагIазул хIакъалъулъ гьереси бицаралъухъ.

«Франс 24» телеканалалъе интервью кьолаго 16 декабралда Лавровас абун буго Америкалъул Конгресс бугин аслияб куцалда цо хасал гIадамал ракIараб бакIал. Гьезул 80%-лъ улка бахун букIунарин ва гьел жидерго улкаялда жалго жидеего гIун рукIунин. Гьединлъидал гьез бихьизабулеб русофоиялда жиндир гIажаиблъизе бачIунарин.

Лавровасул гьел рагIаби кьун рукIана гIемерал информалатаз. Washington Postалъ гьезда бан гьабураб цIех-рехалъ бихьизабун буго 2000 соналдаса 2014 соналде щвезегIан Америкаялъул Конгрессалда рукIарал ва ругел гIадамазул 84 проценталъ цоги улкабазде хIалтIулал сапарал рухьун рукIин, гьезулги 13-яс Россиялде. Гьебги хIалтIулал гурел мурадазе гIоло араб малъичIого.

XS
SM
MD
LG