МагъчIваялъе рес

Путинил иргадулаб пресс-конференция


Россиялъул президент Владимир Путиница абуна жамгIияталда рокьукълъи цIикIкIунеб букIиналъул жавабчилъи жинда бугин кколарин жиндайин. Украиналда ва Крымалда яги улкаялъул жанисеб политикаялда Россиялъул нухмалъиялъ билъанхъизабулеб бугеб политикаялда разиял гьечIел гIадамазде официалиял идарабаз тIадецуй гьабулебги гьечIин.

Хамиз къоялда щибаб лъагIалилаб кIудияб пресс-конференция кьолаго Путиница лъазабуна Украиналда Россиялъул аскариял гьечIин. Жидеего бокьун Донбассалда рагъазулъ гIахьаллъулел Россиялдаса чагIиги гьенире мухьдахъ рагъизе арал гьечIин ва гьезие гIарацги лъицаго кьолеб гьечIин абуна Путиница. Гьесул рагIабазда рекъон, гьеб регионалда «карателазул операциял» гьарулел руго Украиналъул нухмалъиялъ.

Гъурущ хехго учузлъулеб букIиналда хурхун Путиница абуна экономика ругьунлъизе бугин цIатари учузлъулеб букIиналда ва бищунго кватIун кIиго соналдасан кинабго рукIалиде бачIине бугин. Центробанкалъ гьанже ругел шартIазда гьабулеб хIалтIуда аслияб куцалда гьев разияв вуго, амма гьеб хIалтIи жиндир заманалда гьаби-гьабунгутIиялда хурхун суалал хутIулел ругин абуна гьес.

Гьаб сагIат Россиялда бугеб ахIвал-хIалги Крымалъухъ къисас босилъун бихьулеб гьечIо Путинида.

XS
SM
MD
LG