МагъчIваялъе рес

Щиб балагьулеб букIараб Хасавюрт шагьаралъул ва мухъалъул администрациязда?


Хасавюрт шагьаралъул администрациялъул мина
Хасавюрт шагьаралъул администрациялъул мина

16 декабралда Хасавюрт мухъалъул ва шагьарул администрациялъул минабазда низам цIунулез балагьулеб букIун буго 2005 соналде щвезегIан къануналде данде кколареб куцалда ракьал ричиялда хурхарал документал. Амма лъицаго баян гьебичIо пачалихъияб идараялдаса документал росулаго рагъулаб техника щай хIалтIизабизе кколебали.

Хасавюрт мухъалъул ва шагьаралъул администрациялъул хIалтIуе кинабгIаги квекIен гьечIин ва киналгIаги ричIчIунгутIиял ва тунка-гIусиял хIалтIухъабазда ва низамцIунулезда гьоркьор ккечIин баян гьабулеб буго администрациязул тIалъиялъ.

16 декабрялъ гьенир тIоритIулел рукIарал тадбиразулъ кинабгIаги рагъулаб техника жубан букIинчIин ва гIицIго низамцIунулел рачIун гьез документал росанин баян гьабулеб буго Хасавюрт шагьаралъул бетIер хисулев Халитов Шамсудиница. Гьесул баяназда рекъон, шагьаралъул администрациялъул минаялда жанире чанго низамцIунулел рачIун руго. Гьез хIалтIи гьабулебгIан мехалъ чанго рагъулазул машин букIун буго къотIноб. Амма гьеб хIикмалъизе кколеб жо гурин, щай гурелъул киналгIаги низамцIунулезул тIадбирал тIоритIулел бакIалда нагагь квербакъи къваригIани рукIине рукIунин гьелин тIаде жубалеб буго нухмалъулев хисулес.

Халитовасул рагIабазда рекъон, низам цIунулез цIехолеб букIун буго Хасавюрт-Бабаюрт нух ккун ругел рохьазул бутIаялда минаби разе изну кьун букIиналда хурхарал кагътал.

Администрациялъул хIалтIухъанасул баяназда рекъон, гьеб шагьаралъул жаваблъиялда гъорлъе унеб гьечIо. Гьеб унеб буго Рохьил магIишаталъул министерлъиялда гъорлъе. Гьесул баяназда рекъон, гьеб ракьул суал борхун чанго нухалъ суал борхун букIун буго Дагъистаналъул тIалъиялда. Гьедин, шагьаралъул администрациялъ гьеб бакI хIухьбахъулеб бакI гьабизе кьеян гьарулеб букIун буго, шагьаралъул ракь гьечIолъиялда бан. Бицен гьабулеб ГУ «Хасавюртовское лесничество» абураб гIуцIцIиялъул нухмалулев кколев вуго Мамаев Мадак.

Хасавюрт мухъалъул администрациялъул нухмалъулев Жамбулат Салавов I6 декабрялъ МахIачхъалаялда данделъиялда вукIун вуго. Амма кинабгIаги багъа-башари хIалтIулъ ккечIин гьеб тIаде бачIараб хал гьаби сабаблъунин баян гьабулеб буго мухъалъул администрациялъул вакил Акав Акавовас.

Гьаниб абизе ккола, низамцIунулезухъа щварал баяназда рекъон, гьез хал гьабулеб букIанин Хасавюрт-Бабаюрт шагьаразда гьоркьоб бугеб нухлул цояб рахъалда I5 гектар ракьул хIакъикъиял гурел кагъталги гьарун бичун букIиналда бан. Гьенир ран ругила минаби, гьеб кколеб буго «Вдали от жен» абураб ашбазалда аскIор ругел ракьал. Экономикияб цIунакъаялъул идараялъул вакиласул баяназда рекъон, Хасавюрталда тIобитIараб хал гьабиялда гIахьаллъун руго федералиял низамцIунулел ва Россиялъул тIабигIиял сурсатазул министерлъиялъул хIалтIухъаби. Аслиял суалал гьезул ругила Хасавюрталъул рохьил магIишаталъул нухмалъулев Мадак Мамаевасде. Абизе ккола, «Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон, хал гьаби бачIиндал гьев хIалтIудаса тIагIун вуго.

ХIакъикъаталдаги, I6 декабрялъ тIобитIараб халгьабиялъул хIасилалда, киналгIаги 25 кварталалда хурхарал документация нахъе бахъанин низамцIунулезин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Мухъалъул рохьил магIишаталъул нухмалъулев Багьавудин Мамаевас. Гьесул рагIабазда рекъон, анцIгоялдаса цIикIкIун гIарза хъван букIун буго гьес шагьаралъул администрациялде ва мухъалъул Жанисел ишазул идараялде. Амма гьезул щибго хIасил ккун гьечIо. Гьел низам цIунулез тIалаб гьабураб документалги хурхарал ругила тIабигIиял сурсатал харжгьариялъул къанунхвезабиялда.

Мамаев Багьавудин: « Сон гьарурал тадбиразул хIасилалда, Хасавюрталъул рохьил нухмалъиялъдаса 25 кварталалда хурхараб кинабгIаги документация нахъе тIалаб гьабун буго. Нижеца цо нухалъ гуро гIарз бахъун букIараб шагьаралъул администрациялде ва жанисел ишазул идараялде, гьез къанун хвезабун, изну гьечIого рохьил магIишаталъул буголъи бичун букIиналда бан, амма гьез гьелде кIвар кьечIого тана. Рохьил магIишаталъул нухмалъи ккола Росиялъул гIаммаб тIабигIияб фондалъул бутIа. Гьениб кинабгIаги квербагъари гьаби ккола такъсир. Гьанже гьез нахъе тIалаб гьарурал документазул халгьабиял тIоритIулел руго низамцIунулез. Абизе ккола, гьел киналгIаги хIужаби хурхарал руго 2005 соналде щвезегIан ричарал ракьазда».

Мамаевасул рагIабазда рекъон, киналгIаги хIужаби кколел руго рохьил магIишаталъул нухмалъиялъул изну гьечIого ричарал ва къотIарал рохьазда хурхарал.

ХIасил калам, Хасавюрталда тIоритIарал халгьабиял хурхарал гьечIила я мухъалъул администрациялъул хIалтIуда, я шагьаралъул администрациялда. Гьел кколел руго гIицIго шагьаралъул Рохьил магIишаталъул гIуцIиялда хурхараб.

XS
SM
MD
LG