МагъчIваялъе рес

Терроралъе гIарац бакIарулел ралагьулел гьечIо


Араб соналда дандеккун исана терроралъул хасияб бугел такъсирал Дагъистаналда гIемерлъанин лъазабулеб буго республикаялъул прокуратураялъ. Экспертазул пикруялда, низам цIунулез жидерго халтIи хашго гьабиялъги гьел цIикIкIиналъе квербакъулеб буго.

Изну гьечIого яргъидгIуцIарал къукъабазде гъорлъе унезе гIарцудалъун кумек гьабуразда хурхун исана Дагъистаналда рагьун буго такъсир гьабиялъул 19 иш. Гьедин лъазабуна 16 декабралда Дагъистаналъул прокуратураялда тIобитIараб данделъиялда. Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна низам цIунулел идарабазул нухмалъулез.

Прокуратураялъул баяназда рекъон, гьаб соналъул 11 моцIида жаниб рохьилазе гIарцудалъун кумек гьабиялда хъинтIараб 28 такъсир букIана республикаялда. Гъоркьисала гьединал такъсиразул къадар дагьаб букIун буго, гьебги 20 такъсир.

«Террор цебетIеялъе гIарац кьей», «изну гьечIого яргъид гIуцIаразе гIарац кьей», «изну гьечIого яргъидгIуцIаразе гIарац кьеян хитIабал тIиритIизари» - Уголовияб Кодексалъул гьел бутIабаздалъун рагьун руго такъсир гьабиялъул ишал.

Прокуратураялъул докладалда рекъон, Кодексалъул рехсарал бутIабаздалъун такъсир гьабиялъул 19 иш рагьана, 6 такъсиралда хурхун цIех-рех къана гIайиб гIунтIизарулел хунги ратун, цогидал такъсиразда хурхун материалал ракIарулел руго. ТIадежоялъе, диванханаялда микьго такъсиралъул хал гьабулеб буго. Гьединго, прокуратураялъ лъазабухъе, исана низам цIунулез изну гьечIого яргъидгIуцIарал ва гьезул кумекчагIи хважаинзабилъун рукIарал бизнесал къана.

Данделъиялда прокурор Рамазан Шахновазовас абуна, докладалда рехсарал тарихаз бугеб ахIвал-хIал бихьизабулеб гьечIин, гьел тарихал цIикIкIарал рукIизе кколин.

«Такъсир гьабиялъул гIемерисел ишазда тIад хIалтIи букIине кколеб хIалалъ гьабулеб гьечIо. Террор цебетIеялъе гIарац кьеялда щаклъи бугезда хъинтIун гьабулеб хIалтIи гьечIин абизе бегьула. Изну гьечIого яргъидгIуцIаразда гъорлъе вукIанищали, гьезул кумекчилъун вукIаравищали ва гь.ц. хIужжабазда хъинтIун рагьулел руго такъсир гьабиялъул ишал. Амма гIарцухъ гьабулеб жигьадалъул суал низам цIунулезда кIвар кьезе кколеблъун щаялиго бихьулеб гьечIо», - ян абуна Шахновазовас.

ХIалтIул план хъвазе лъунгутIи, оперативияб цIех-рех бачине ва цIех-рехалъул тадбирал гьаризе кIунгутIи - гьединал гIунгутIаби руго низам цIунулезул хIалтIудалъилан, рикIкIунеб буго Дагъистаналъул прокуратураялъ. «Низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабазда цере лъурал мухIканал мурадал гьечIо. ХIалтIи гьабулеб бугин ракIалде ккезе цо щибалиго жо гьабулеб буго ва букIине кколеб хIалтIи формализмалде ва статистика цIезабиялде ккун буго», - ян абуна прокурорас.

Гьесул рагIабазда рекъон, мухъалъул полициялъул хIалтIи тIаса-масангояб бугин абизе бегьула. Рохьилазе гIарац кьолел ва тIалаб гьарулел чагIи цониги мухъалъул полициялъ кквечIин исанаян тIад жубана Шахнавазовас.

Социалиял цIех-рехал гьарулей политолог Ирина Стародубровскаялъул пикруялда рекъон, Дагъистаналда рохьилазе гIарац гIемерисала щолеб буго гьезул идеябазул рахъ кколерезухъа.

Ирина Стародубровская: «Бахчараб экономикаялъул система бугеб регионлъун ккола Дагъистан. Гьеб системаялда гъорлъ руго бизнесчагIиги, хIакималги, низам цIунулелги. Рохьилазул идеябазул рахъ кколел чагIи республикаялда гIемер гьечIо гьезул гIарцудалъун жигьад гьабизе. Киназдаго лъалеб жо буго рохьилаз флешкаби ритIулеллъи пуланав бизнесменасухъе, хIакимасухъе. Низам цIунулезда лъалеб батила лъихъе гьел флешкаби щварал, кьурабищ яги кьечIебищ гьез гIарац. ГIарац кьечIого чIезеги бизнесменасе кIоларо, гьесул гIагарлъиялъе хIинкъигьечIолъи лъицаниги чIезабуларо. Низам цIунулез гIемер бицине бегьула терроралъул финансированиялъул, амма жидерго хIалтIи гьез букIине кколеб къагIидаялъ гьабулеб гьечIеб мехалда терроралъулги гIарцулги бицун щиб. Гьелдалъун рохьилазе гIарац кьолел гIемер рукIине руго бизнесалъул системаялдаги, пачалихъияб системаялдаги».

Прокуратураялда тIобитIараб данделъиялда гьединго абуна, гьаб соналъул 11 моцIида жаниб экстремизмалъул 43 такъсир букIанин (гъоркьисала гьединаб 19 такъсир букIана), терроралъул хасият бугел 415 такъсир букIанин (гъоркьисала - 308). Гьел тарихаз бихьизабулеб буго республикаялда ахIвал-хIал хIалуцараблъи. Экспертазул баяназда рекъон, низам цIунулез жидерго халтIи тIасаккун бачиналъги террор цебетIолеб буго.

Мисалалъе, 12 декабралда Избербашалда гIагарда низам цIунулез чIвана шагьаралда гIумру гьабулев МухIамад Камалов. Рохьилазде гъорлъе уневлъун вукIанин гьевин ва тунка-гIусиялда чIванилан, лъазабуна низам цIунулез. Амма Камаловасул гIагарлъиялдаса чагIаз абулеб буго гьеб гьереси бугин, низам цIунулез гьев викъанин ва чIванин. Инсанасул ихтиярал цIунулезухъе гьез гIарза хъвана, Камалов чIварал диванханаялде ккезаризе кумек гьабеян. Гьезул гьединго гIарза буго чIварасул жаназа букъизе кьолеб гьечIин.

Гьелдаго релъараб лъугьа-бахъин ккана Тюбе росулъа Пахрудин МухIамадовгунги. Гъизилюрт мухъалъул Шушановка росда гIагарда тунка-гIусиялда гьев чIванин ва рохьилазул рахъ кколевлъун гьев вукIанин, лъазабуна низам цIунулез. МухIамадовасул гIагарлъиялъни абулеб буго, рохьилалгун гьесул бухьенал рукIинчIин, живго гьев салафитлъун вукIанин.

XS
SM
MD
LG