МагъчIваялъе рес

Пакистаналда чIван буго 80 лъимер


Пакистаналъул Пешавар шагьаралда рагъулаб тIадекIанцIи гьабун буго рагъулазул къайимлъиялда гъоркь бугеб цIалул идараялде. Ахирисел баяназда рекъон, гьенив чIван вуго 100 чи, гьезулги 80-ял кколел руго лъимал. Лъукъун вуго анцI-анцI чи. Reutersалъ лъазабулеб буго, официалиял магIданазда мугъчIвайги гьабулаго, яргъидгIуцIараз гьеб цIалул идараялъул хIалтIухъабигун цIалдохъабазул чанго нусго чи гъоркьлъалие восун вугин.

Пакистаналъул армиялъ тIобитIулеб буго гьел эркен гьариялъул операция. Рагъулазул баяназда рекъон, гъоркьлъалие росаразул цо бутIа эркен гьабизе кIун буго. Нижер радиоялъул «Радио Машааль» абулеб Пакистаналъул бутIаялъул баяназда рекъон, талат къоялъул радал яргъидгIуцIарал гIадамазул къукъа школалде жанибе кIанцIун буго ва гьеб параялъго гьез кьвагьизеги байбихьун буго.

«Тегьрик-е ТIалибан Пакистан» абулеб къукъаялъ босун буго гьеб гьужумалъул жавабчилъи жидедего тIаде. Гьез абулеб буго гьеб бугин улка цIуниялъул министерлъиялъ Шималияб Вазиристаналда тIалибазде данде тIобитIараб операциялъухъ къисас босийин. «Радио Машаалалъе» гьедин лъазабун буго гьеб къукъаялъул вакил МухIаммад Хорасани вугин живан абулев чияс.

XS
SM
MD
LG