МагъчIваялъе рес

Сиднеялда гъоркьлъалие росарал эркен гьаруна


Австралиялъул Сиднеялда хасал аскараз гьужум гьабуна Ираналдаса Мэн Харон Монис абулев чияс гъоркьлъалие 17 чи ккун букIанаб кафеялъе. Операциялъул заманаялда хун вуго гъоркьлъалие росаразул кIиго чи, живго Монисги чIван вуго. Гьединго лъукъун вуго жеги чанго чиги, гьездаго гьоркьов цо офицерги.

XS
SM
MD
LG