МагъчIваялъе рес

Журналистазе кьуна Сахаровасул премия


Жидер профессионалияб борч тIубалаго хварал журналистал ракIалде щвеялъул къолъун кколеб 15 декабралда Москваялда Андрей Сахаровасул цIаралда бугеб премия кьуна Россиялъул ункъго журналистасе.

ЧIварал журналистал ракIалде щвезаризе Журналистазул Централияб Рокъоре ракIарун рукIана гьезул коллегабиги, гIагаралги, телевидениялдаса машгьурал журналисталги цогидалги. Гьез цоги нухалда кIвар буссинабулеб букIана журналистасул хIалтIи хIинкъи цIикIкIараб букIиналде.

XS
SM
MD
LG