МагъчIваялъе рес

Эрдогъаница нахъчIвана Евроцолъиялъул критика


Туркиялъул президент Ражаб Эрдогъаница итни къоялда нахъчIвалеб букIана Евроцолъиялъул рахъалдасан гьесие гьабулеб букIараб критика. Гьелъие гIиллалъун ккун букIана Эрдогъаница оппозициониял информалатазе арест гьаби.

Эрдогъаница Брюссел ахIулеб букIана «жидерго ишал гьаризе». Гьесул рагIабазда рекъон, Евроцолъиялъул ихтияр гьечIо Туркиялъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул мурадалда улкаялда жаниб, къануналда рекъон, гьарулел ишазде гъорлъе лъугьине.

Туркиялда оппозициониял информалатазде полицияз гьарурал рейдал какун Евроцолъиялъул вакилзабаз абулеб букIана «демократиялъул кьучIлъун кколеб информалатазул эркенлъиялде гьединал тадбирал данде кколарин».

XS
SM
MD
LG