МагъчIваялъе рес

«Маскаби хураз» рачун арал туснахъалда ратун руго


ЦIунтIа мухъалдаса араб анкьалда гьурмазда маскаби хурал чагIаз рачун арал гIолилал кир ругелали лъалеб букIун гьечIо гьезул гIагаразда чанго къоялъ. Ахирги гьел ратун руго МахIачхъалаялъул батIи-батIиял туснахъазда. Гьезул цоязда тIад диван гьабун, туснахъ гьарун руго, цогидал жеги заманалъул изоляторалда руго. Низам цIунулез лъазабухъе, киналго ккуразда буго изну гьечIого яргъидгIуцIаразулгун бухьен букIиналда щаклъи. МухIканлъи лъазабулеб букIана Алдашева Алисаца.

ЦIунтIа мухъалъул Гениялъ росулъа ГIабдурахIманов ГIабдурахIман кив вугевали гIага-божаразда лъалеб букIинчIо 4 къоялъ. 11 декабралда гьесул гIага-божараз гIарза хъван буго араб бакI лъачIого чи тIагIиналда хурхун. Гьебго къоялъ, бакъаниде рокъоса ккун вачун арав ватун вуго МахIачхъалаялда туснахъ гьавун. 12 декабрялъ, гьесда тIад гьабун буго диван ва кIиго моцIил болжалалъ туснахъ гьавизе бихьизабун буго.

ГIабдурахIманов гуревги ЦIунтIа мухъалдаса чанго гIолилал ун руго гьедин ккун рачун гьумер бахчарал чагIаз: Къурачев Мурад, КъурамухIмадов МухIамад, ХIамзатов ХIабиб, Ибрагьимов Ибрагьим, ГIалиев Асад. Гьел гьединго ругеб бакI лъаларого рукIун руго. Социалиял гьиназда ихтиярал цIунулез лъазабулеб букIана Дагъистаналда гIадамал рикъи нахъеги байбихьун бугилан.

Гьел киналго ругеб бакI лъалеб букIинчIин 3-4 къоялъ ва гIицIго I2 декабрялъ лъагIан хабар лъачIин баян гьабуна ГIабдурахIманов ГIабдурахIманил вацгIал Камалудин МухIамадовас.

МухIамадовасул рагIабазда рекъон, киназдего гIайиб гIунтIизабулеб буго изну гьечIого цIунараб ярагъ батиялда бан. ГьабсагIат гьел цоял туснахъалда, цоял заманалъул туснахъалда ккун ругин , ункъоязе диванги гьабун кIиго моцIалъ туснахъ гьарун ругила. Туснахъ гьаруразда гъорлъ ГIабдурахIвановги вугила. Диван тIобитIулаго, жал гьенире жанирего риччачIила, кинаб хIал бугебали ГIабдурахIмановги вихьичIила гIага-божараздайин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе МухIамадов Камалудиница.

МухIамадов Камалудин: «Такъсир гьабиялъул кодексалъул 202 бутIуялда рекъон, изну гьечIого цIунараб ярагъ батиялда хурхун гIайиб гIунтIизабулеб буго гьесде. ГIайиб гIунтIизабизе дивван гьабулеб мехалъ гьенире жанире риччачIо ниж, амма риччазе кколел рукIанин абуна ихтиярал цIунулез. 8 декабрялдаса нахъе хабар лъалеб букIинчIо нижеда гьесул. Чанго гIарза хъван хадуб якъинлъана гьев вугеб бакI. Диваналъ кIиго моцIил болжалалъ туснахъ гьавун вуго гьев. Цогидазулги, Къурачев Мурадил ва ГIалиев Асадил гьебго буго. Гьезде гIайиб гIунтIизабулеб буго изну гьечIого цIунараб ярагъ батиялда бан».

Щаклъи ккун, щибго гIайиб гьечIого ккун рачун ун ругила гьел гIолилал, цоял рокъоса, цоял хIалтIудасайин баян гьабуна ХIазатов ХIабибил гIагара чи АхIмадов Садрудиница. Киназулго рокъоб бугила хъизаби, гьез кверчIван гурого цогидазул кумек гьечIел, гьединго, КъурамухIамадовасул цо эбел йигила гьес тIалаб гьабуле йикIарай. Садрудинил рагIабазда рекъон, ХIамзатов гьабсагIат вуго заманалъул туснахъалда, гьесдаго цадахъ вугила КъурамухIамадовги. Садрудинил рагIабазда рекъон, изну гIечIого яргъид гIуцIцIаразе квербакъи гьабиялъулъ щаклъи бугила гьезда. Гьел гьединго гIага-божаразда рихьизеги тун гьечIо. гьал къояз гьезда тIад гьединго тIобитIизе бугила диван, амма гьезул адвокатцин жидеда жеги вихьичIила.

ХIасил калам, киналниги ккуразда хIал-зулму гьабиялъул лъалкIал ругин, ва гьеб гIайиб гIунтIизабиги кьучI гьечIеб бугин баян гьабулеб бугогьезул гIага-божараз. Инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялъул вакил ГIайша Селимхановалъул рагIабазда рекъон, гьедин гIолилал ккун рачунел рукIиналъул хIужаби гIемерлъулел руго Дагъистаналда.

XS
SM
MD
LG