МагъчIваялъе рес

Грозныялда ккун руго ихтиярал цIунулел


Грозныялда щалали лъаларез гьат1ан къоялъ гъоркьлъалие восун вук1ана «ГIазаб-гIакъубаялда данде чIараб комитеталъул» кIиго хIалтIухъан. Гьезул гьениб бугеб офис бухIизабун буго шамат къоялъ.

Россиялда бугеб Human Rights Watch гIуцIиялъул вакиллиялъул бетIер Татьяна Локшинал рагIабазда рекъон гьел щалали лъаларез абулеб буго жал низам цуIунулел ругин, амма чIухь базе ва арест гьабизе рес кьолел документал гьез рихьизаричIин.

Гьел ихтиярал цIунулез цин полициялде щвезарун рукIана, хадур эркенлъуде риччана. ГьабсагIат гьел «Грозный-сити» абулеб петералда руго.

Гьезул хиял буго Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталде гIарза хъвазе.

XS
SM
MD
LG