МагъчIваялъе рес

Барак Обамаца цIиял санкциязда хьул лъолеб гьечIо


Америкалъул президент Барак Обамаца къанунал къабул гьарулелгун букIараб данделъиялда лъазабуна, щаклъи бугин Россиялде данде цIиял санкцIиязул хIасилалда пайда щвеялда.

Аммаила, тIаде жубана гьес, Америкалъ ва Европаялъ хIалтIизабулеб политикаялъ Владимир Путиние асар гьабизе бугин ва гьес ахир-къад жиндир хIукму хисизе бегьулин, хасго Украиналда хурхараб.

Рузман къоялъ Россиялъул гъурущ жеги гIодобе ккун буго. Цо долларалъухъ гьениб кьолеб буго 57 гъурущ.

XS
SM
MD
LG