МагъчIваялъе рес

«Эхо Москвы- Махачкала» радиостанциялъул эфир гьорьоса къотIун буго


«Роскомнадзор» идараялъ буюри кьун букIинчIо «Эхо Москвы- Махачкала» абулеб радиостанциялъул эфир къазе, ян лъазабуна хамиз къоялъ ТАСС агентлъиялъе рехсараб идараялъул пресс-секретарь Вадим Ампелонскияс. Гьесул рагIабазда рекъон эфир гьоркьоса къотIун батила техникиял гIиллабаздалъун.

Амма Эхо Москвы Махачкала радиостанциялъул бетIер ХIажиев Заурица Дождь телеканалалъе абуна Роскомнадзоралъ гьукъанин программаби эфиралде риччазе.

XS
SM
MD
LG