МагъчIваялъе рес

Малалае бокьилаан премьер-министрлъун йикIине


17 сон барай Пакистаналъул яс, инсанасул ихтиярал цIунулей Малала Юсуфзайие ва лъималазул ихтияразе гIоло къеркьолев Кайлаш Сатьяртхие арбагI къоялъ кьун буго 2014 соналъул ракълил Нобелил премия.

Нижер Радиоялъул Пакистан хъулухъалъе интервью кьолаго, Малалаца абуна, лъимал хIалтIизаризе бегьуларин, лъималазе цIализе ресги инхтиярги кьезе ккола. 20I2 соналда Малала захIматго лъукъун йикIана. Гьелде гьужум гьабуна тIалибаз. Гьелдаса нахъе Малала гочана КIудияб Британиялде.

Би-Би-Си агентлъиялъе интервью кьолаго гьелъ абуна жиндие бокьун бугин политикаялда хIаракат бахъизе ва жиндир гъира бугин Пакистаналъул премьер-министрлъун йикIине.

XS
SM
MD
LG