МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялда биххизабун буго изну гьечIого бараб 100-гIан бакI


9 декабралда МахIачхъалаялъул адмниистрациялъ биххизабун буго «Кавказ» федералияб нухлул рагIалда хасаб изну гьечIого бан букIараб анлъго бакI. Гьениб нух кIодо гьабиялъе квалквалал гьарулел 20 ниги бакI биххизабун букIана цебеги. Шагьаралъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго хасал документал гьечIел яги МахIачхъалаялъул берцинлъи хвезарулел, нухал цIигьариялъе квалквалал гьарулеб цохIониги бакI биххизабичIого тезе гьечIилан.

Исана июнь моцIалдаса нахъе МахIачхъалаялъул администрациялъ биххизабун буго кинабниги 100 гIан бакI. Гьезда гьоркьоре унел руго бакIал раялъе изну кьолел хасал документал гьечIого рарал щиб, нухал цIигьариялъе, къачIаялъе квалквалал гьарулел рукIарал щиб бакIал.

Гьезул гIемерисел кколел руго тукаби, кафеял ва автомобилал къачIалел бакIал. Амма гIемер тIалаял минабиги руго цо-цо гьезда гьоркьоб.

Гьедин талат къоялъ иргадулаб халгьабиялдаса хадуб МахIачхъалаялъул администрациялъул бакIал раялъул ва архитектураялъул бутIаялъул хIалтIухъабаз «Кавказ» федералияб нухул рагIалда изнугьечIого бараб 6 бакI тIатинабун буго. Гьебго къоялъ гьеб анлъабго бакI биххизеги гьабун буго хасаб техникаги бачун.

Шагьаралъул мэриялъул вакилзабаз лъазабулеб буго гьел риххизарурал бакIазул бетIергьабазул цохIонигиязул ратичIила рукIине кколелщинал документал. Гьезухъ ругила цохIо гьеб бакI тIад бараб ракьул бетIергьанлъиялъе нугIлъи гьабулеб документ, амма гьелда тIад щибниги базе рес кьолеб цохIониги документ гьечIила гьезухъ.

Гьездаги гьелгIадал цойгидаздаги жидеца чанцIулго абун букIанила гьаниб нухгьабиялъе квалквал гьабичIого, нужецаго жаниса къайи-цIаги нахъе босун, берцинго риххизабейин гьел бакIалилан.

Гьедин гьабуни гьел тIад бараб хъарщи-цIулги, шифер маххги цойги нухалъ хIалтIизабун бажарулила, амма жидехъе гIинтIамулев чи ккечIила гьезул, гьединлъидал тIокIаб сундухъниги балагьичIого биххизабунила гьениб нухлул рагIалда бан букIанщинаб бакIилан баян гьабуна МахIачхъалаялъул адмиинистрациялъул бакIал ралеб бутIаялъул вакилзабаз.

Риххизарурал ва риххизаризе рихьизарурал бакIазул бетIергьаби гьеб шагьаралъул администрациялъул хIукмуялда разиял гьечIо. Гьез лъазабулеб буго жидеца диваналдеги кьун ритIухълъи балагьизе бугилан.

Гурони чаналиго соналъ жидеца гьабунщинаб хIалтIи гьоркьоб инабулеб бугила рачIун МахIачхъалаялъул нухмалъиялъ. Жидеца лъилниги бакIалда гуреб, жалго бетIергьанаб ракьалда ран рукIанила тукабиги, кафеялги, автомобилал къачIалел бакIалги. Гьединал гIорхъолъа арал ишалги гьарун шагьаралъул нухмалъиялъ жидер ихтиярал хвезарулел ругилан.

Гьезул цо-цояз лъазабулеб буго жал гьел бакIал риххизариялда разиял ругила, жидее гьеб киналъухъго букIине кколеб рецIел гьабулеб бугони. Гьедин «Кавказ» федералияб нухлул рагIалда букIун биххизабизе бихьизабун бугеб тукадул бетIергьан МухIамадов МахIачица «Экренлъи» радиоялъе бицана биххизабураб тукадул бакIалда гьеб базе гьединабго санагIалъи бугеб бакIалда ракьги, рецIалил гIарацги кьечIого жиндица гьеб биххизабизе тезе гьечIилан.

МухIамадов МахIач: «Ниж киналго хIадур руго гьаниса нахъе ине, амма иналде цебе нижее букIине кколеб гIарац кьеха. Нижеца я чияр бакI ккун гьечIо, яги бегьулареб иш гьабулеб гьечIо гьаниб. Бажарухъин магIишат гьабулел руго ниж. Гьаб цохIо нижер тукадуца I0 чи хьихьун вуго. Гьабги биххизабун нижеца щиб гьабилеб? Дун нухал раялдеги шагьар къачIаялдеги данде вугев чи гуро.

Гьабун лъикI гьеб кинабго, амма гIадамалги инжит гьарун, гьезул ихтияралги хвезарун гьабуге ха гьеб хIалтIи. Нижер пикруги ургъелги гьабеха. Дидаги дун гIадал цойгидаздаги гIайиб гьечIо 90-абилел саназ ричулел рукIарал ракьал нижеца росун рукIин.

Гьазул бакIалда цойгидал даран-базар гьабизе санагIатал бакIал кьеха нижее, гьелдалъун дагIба лъугIула гури. Яги букIине кколеб къагIидаялъ, нижер тIалабалда рекъон рецIадул гIарац кье».

Гьел тIалабазе жаваб кьолаго МахIачхъалаялъул бетIерав ахитектор ГьитIинов МухIамадрасулица абуна риххизарурал бакIазул бетIергьабазе къануналда рекъон бихьизабураб рецIалил гIарац кьезе бугилан, амма гьеб гIарцул къадаралда бетIергьаби разилъунгутIиялъ жидер дандеккунгутIаби ругилан.

МухIамадрасул ГьитIинов: «Гьадинал бакIал риххизарулеб мехалда гьазул багьялда хурхун дагIба ккечIого букIунаро. Лъиениги бокьуларо нахъе къазе, жидерго санагIалъиялда тIад ургъун гурони, тIокIаб жоялъул пикру гьабуларо. БукIунелдасаги чанцIулго цIикIкIинабун багьагун лъугьуна риххизарурал бакIазул бетIергьаби рецIалил гIарац тIалаб гьабизе.

Нижеца хасаб комиссияги гIуцIун гьез чIезабураб багьаялда гьел разилъуларо, жидецаго гьабунин экспертизайинги абун щибали лъаларел документалги росун рачIуна.

Гьеб кинабго данде кколаро, нижецаги хIалтIи къануналда рекъон гьабулеб буго, рецIалил гIарацги гьединго кьолеб буго. Гьелда тIадеги, гьезие рес кьолеб буго гьанирго, дагьаб нухдаса рикIкIадегIан бугеб бакIалда гьанжезаманалъул къагIидаялда данде кколел бакIал разеги».

Гьединго тахшагьаралъул администрациялъ лъазабулеб буго МахIачхъала берцинлъиялъе, гIадамазе гьениб гIумру гьабизе санагIалъи букIиналъе хIалтIи жидеца гьоркьоса къотIизе тезе гьечIилан. ГIагараб заманалда шагьаралда ругел ахазул хал гьабун, гьениб гIадлу-низамги къачIа-кIатIайги букIинабизе бугилан.

XS
SM
MD
LG