МагъчIваялъе рес

Адвокат Ибрагьимов: «Россиялда бугеб диваналдаса нечола дун»


БитIун лъагIелалъул цебе Волгоградалда троллейбусги маххул нухлул вокзалги кьвагьизабиялъул гIайиб тIадчIезабуна ункъавго дагъистаниясда.

Ибрагьим МухIамадовасегун ГIалавудин Дадаевасе кьуна туснахъалъул 19 сон. Вацал МухIамаднабигун ТIагьир Батировазе – лъаб-лъаб сон.

ЦIех-рехалъул баяназда рекъон, 2013 соналъул ахиралда «Гъадаралъулаб» абураб терроралъулаб къокъаялъ гьабун буго Волгорадалда теракт гьабиялъул хIукму.

Кьвагьулел алаталги тIад ран кьвагьизе гьез хIадурун руго Дагъистаналдасаго Сулайман МухIамадовгун Аскер Самедов. Кинабго гьеб теракт кин гьабилебали дандбазе, жанире ракIаризе гьезие бакI кьун буго Ибрагьим МухIамадовасгун ГIалавудин Дадаевас (цIех-рехалъул баяназда рекъон).

Гьедин Аскер Самедовас, Волгоградалдеги ун, маххул нухлул вокзал кьвагьизабунин, Сулайман МухIамадовас троллейбус кьвагьизабунин рикIкIунеб буго цIех-рехалъ.

Волгоградалъул диваналъ гьабураб хIукмуялда рази гьечIо МухIамадов Ибрагьимил адвокат СагIид Ибрагьимов.

СагIид Ибрагьимов: «Унго-унголъунги кьвагьулел алатал доре-нахъе раччарал, хъачагъал доре нахъе раччарал чагIазе лъаб-лъаб сон кьуна. Гьеб такъсиралдехун бухьенгицин гьечIел, Дагъистаналдаса кирениги къватIирегицин рахъинчIезейин абуни кьуна 19 сон.

Дунялалдаго рагIун, бицун суризеги гьарулел руго. Россиялда гьединаб диван букIиналдаса нечола дун. Официалияб куцалда гьедин лъазабулеб буго дица».

19 сон туснахъалъул кьурал чагIи гIайибиял ратичIони, кинха гьел гьеб ишалда гъорлъе ккаралин ЭР-ялъ кьураб суалалъе адвокат СагIид Ибрагьимовас жаваб кьуна ГIалавудин Дадаевасул васасда лъалел рукIун ругин гьел теракт гьабуралин абулел чагIи.

Гьес диваналъул данделъиялдаги абунин жинца васасе квен баччулаанин, гьесухъе рачIун гьадал кьвагьи гьабурал васалги ратулаанин жинда, амма жинда лъалароанин гьез гьабизехъин бугеб жо. 19 сон туснахъалъул кьурав МухIамадов Ибрагьимида абуни лъалев вукIун вугила Дадаев ГIалавудин. Гьелейила гьениб бугеб жо.

СагIид Ибрагьимов: «Самедовасухъеги МухIамадовасухъеги черхалдаги ран Волгоградалда теракт гьабизе къваригIунел кьвагьулел жал ЦIияб Параул абураб росулъ кьун буго гьабсагIаталда чIаго гьечIел Мирзаевасгун ЯхIяевас.

Гьеб жо хъван буго гIайиб гIунтIизабиялъул даптараздаги. Волгоградалде щвезегIан гьел кIиялго чагIи жидерго КамАЗалда рачун руго вацал Батироваз. МухIамадов Ибрагьимидайин абуни гьел чагIи – я Мирзаев, ялъуни ЯхIяев – бердагицин рихьун рукIинчIо гьеб заманаялъ».

Жив нагагьлъун чIаго хутIани, диваналъул хIукмуялда дагIба бан Страсбургалъул диваналдегицин ине вугин бицана адвокатас. Щайин абуни жинда чIванкъотIун лъалила МухIамадов Ибрагьимида гIайиб гьечIолъи. Гьес абулеб бугила дол теракт гьабурал васал лъалаанин жинда, амма хас гьабун Волградалда гьез теракт гьабизехъин букIин лъалароанила.

Адвокат СагIид Ибрагьимовас бицана гьеб ишалда хурхун диваналъ гIезегIан гIунгутIаби риччанила. Масала, цониги нугIасухъа сурав босичIила.

Августалдаса нахъе Волгоградалдеги Дагъистаналдеги щвезегIан доре-нахъе 19 нухалда хьвадизарунила жал.

Щибаб нухалда диваналъул данделъиги сагIат-сагIатгун бащадаб заманаялъ гьабулаанила.

МухIамадов Ибрагьимиде гIунтIизабулеб гIайиб букIана теракт гьабулел чагIи Избербашалда бугеб жиндирго рокъоре риччанилан. Амма гьебго гIайибги тIадчIезабун, гьесул вац гьабсагIаталда туснахъалда вугин бицанила жинца диваналда, гьелъин абуни лъиего асар гьабичIила.

Гьединго кигIан жинца диваналъулги цIех-рехалъулги гIунгутIабиги рихьизарун ахIи балеб букIаниги, я журналистаз, ялъуни инсанасул ихтиярал цIунулез гIингицин тIамичIила.

Гьеб ишалда гъорлъе лъугьиналде, жинца цин рагIа-ракьандеги щун цIаланин щунусиде гIагарун тIамач бугеб цIех-рехалъул даптарин бицана адвокат СагIид Ибрагьимовас. Гуребани жив Волгоградалде щвезегIанги унароанила, жиндие млрд гъурущ кьолеб букIарабанигицин.

Цоцада хадуб Волгоградалда гьабураб кIиябго теракталъул къурбаналлъун ккана 34 чи.

XS
SM
MD
LG