МагъчIваялъе рес

Цойги чи араб бакI лъачIого вилана Дагъистаналда


Чачаналъ ккараб тунка-гIусиялдаса хадуб Дагъистаналда гIадамал тIагIине байбихьанин рикIкIунеб буго экспертаз. Гьедин, 5 декабрялдаса нахъе вугеб бакI лъачIого тIагIун вуго Гулиев Камиль. Гьесул гIага-божаразул щаклъи буго гьев полициялъ ккун вукIиналда.

5 декабрялъ Гулиева ГIайшаца Фэйсбук социалияб гьиналда хъвана жиндир рос, Камиль Гулиев, рокъове вачIинчIого чанго сагIат бугин, гьесулгун бухьен гьабизеги щолеб гьечIилан.

Гьедин, тIагIарав Гулиев Камиль жакъа къоялъги вугеб бакI лъалеб гьечIо. Камилил чIужуялъ ва гIага-божараз лъазабулеб буго Камиль полициялъ ккун ватизе рес бугин.

6 декабрялъ Гулиева ГIайщаца Советский мухъалъул жанисел ишазул идараялъул бутIаялда кьун буго гIарза, Камиль тIагIун вукIиналда бан. ГIайшал рагIабазда рекъон, бухьен тIагIиналде Камилица лъазабун буго жив полициялъулаз ккун Кизилюрталъул Жанисел ишазул идараялде вачинехъен вукIанилан, гьединлъидал, гьев полициялъулазухъ ккун вукIине рес вугин лъазабулеб буго ГIайшаца.

ГIайша Гулиева: «Дида кколеб буго дир рос къуваталъул идараялда ккун вугилан. Жакъаги уней йиго дун Советский мухъалъулъул полициялъул бутIаялде гIарза хъвазе. Гьез я вугин гьев полициялъухъ, я гьечIин абулеб гьечIо чIванкъотIараб жо».

ГIайшал рагIабазда рекъон, Камилица кIвараб рах1муялъул кумек гьабулеб букIун буго гIадамазе. БатIи-батIиял хIажалъалаби тIуран. КиналгIаги гьукъараб жоялъулъ гIахьаллъиги букIун гьечIо гьесул. ТIагIараб къоялъги гьесухъ кодоб букIун буго 56 азарго гъурущ гIарац унтарай г1аданалъе сах гьаизе кьезе букIараб.

Гьединго, ГIайшал баяназда рекъон, 24 октябрялъ Сепараторный поселокалда гIумру гьабун ругел Камилил эбел-инсул рокъоре рачIун рукIун руго къуваталъул идараяъул хIалтIухъаби, гьединго живго Камилги гьаб соналда жаниб 10 нухъалъниги ккун вукIанин полициялъулаз.

Гулиев Камилил эбел-инсуеги жийго хутIарай чIужуялъеги рос ватизе гьабулеб квербакъи гьечIин кинабгIагийилан баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе журналист Юсупов Идрисица. Гьесул баяназда рекъон, ахираб заманаялъ чанго чи тIагIун вуго Дагъистаналда, гьезда гьоркьов абизе бегьула Камилов МухIамадги. Гьев вугеб бакI гьединго лъалеб гьечIо 6 декабрялдаса нахъе.

Идрис Юсупов: «Гьале кIиго сордо-къо балеб буго Гулиев тIагIаралдаса. Амма кинабгIаги лъалеб жо гьечIо. ГьабсагIат цIех-рехалъул идараялдеги прокуратураялдеги гIарза кьолеб буго «Мемориал» абураб ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ.

Гьесул эбел-эмен руго рагIи рагIуларел мацIги бицунарел чагIи. ГьитIигаб лъимер кверда бугей чIужуги йиго. Ккун ватаниги, ккун вугилан лъазабизе тIадаб букIана полициялъул хIалтIухъабазда, амма кинабгIали хабар гьечIо. Ихтиярал цIунулезул кумекалдалъун гьабулеб буго хIалтIи Камиль Гулиев валагьиялъе».

Журналистазул баяназда рекъон, ругьунаб жо буго полициялъул хIалтIухъабазул чи кккун вугин абичIогон тей.

«Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон, ахирал къояз Кизилюрт шагьаралда бусурбаби ккун полициялде щвезарулел руго, гьенир лъабго къоялъги ккун риччалел ругила гьел.

Гьеб киналъего гIилла бугила Грозный шагьаралда церегIан къояз изнугьечIого яргъидгIуцIаразулгун ккараб тунка-гIусийилан рик1к1унеб буго жамг1ияв х1аракачи Шамилов МухIамадицаги.

Гулиев Камилил хIакъалъул баянал цIехон, «Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна Советский мухъалъул полициялъул бутIагун. Гьезул баяназда рекъон, Гулиев тIагIиналда хурхун кинабгIаги информация гьезухъ гьечIо.

XS
SM
MD
LG