МагъчIваялъе рес

Алиса Ганиева: "ЦIвайищ кIибетIераб цIумищ патриотазул гIаламат?"


Гьалкъояз Sueddeutsche Zeitung абулеб Германиялъул газетаялда къватIибе бахъун буго хъвадарухъан дагъистанияй Ганиева Алисал цо макъало. Хадуб макъало гIурус мацIалде буссинабун, загьриабун буго Россиялъул Иносми сайталда. Авторалъ жиндирго Facebook-алда абулеб буго гьелдаса нахъе кIудияб ахIи-хIур багъарун бугин. Жинде гIунтIизабулеб бугин советияб заман какиялъул ва Шималияб Кавказалда яргъид гIуцIарал бусурбаби бахIарзал хIисабалда рихьизариялъул гIайиб.

«ГIажаибал бахIарзал» ян абулеб Ганиева Алисал макъалоялда тIад Sueddeutsche Zeitung газетаялъул редакциялъ гьадинаб анонс кьолеб буго: «Гъозие бокьилаан коммунизмалъул, килисаялъул, жигьадалъул ва эркенлъиялъул рахъ кквезе. Щиб ургъулеб Россиялъул гIолохъанал жидерго бикь-бикьараб улкаялъул хIакъалъулъ»?

Авторалъ абулеб буго, жинца гьеб макъало гIурусалъ хъванин, Германиялъул газетаялъул редакциялъийн гьеб жиндирго мацIалде буссинабунин. Хадуб гIурус мацIалде Иносми сайталъул редакциялъ буссинабунин, ва гьелъул хIасилалда гIемерал пикрабазул магIнаги хисанин.

Алиса Ганиева: «Гьеб гъваридаб макъало гуро. Гьеб буго гIицIго баян, комментарий. Мех-мехалъ Германиялъул прессалъ гьарулеб буго дида гьаб ялъуни доб хIужаялда тIаса макъало хъвазе. Исана гьеб улкаялда къватIибе бахъана дир тIехьги Шималияб Кавказалъул хIакъалъулъ.

Гьаб нухалъ масъала букIана дир гIелалъул хIакъалъулхъ гуребги дидаса анцIго соналъул ригьалъ кIудиял ялъуни гьитIинал гIолохъаназул хIакъалъулъ хъвазе, гъозул бербалагьиялъе къимат кьун. Ругищали гьел Европаялъул гIолохъаназда релъараллъун? Бугищ гьезда гьоркьоб кIудияб батIалъи? Советияб заманалъе кинаб къимат гьез кьолеб? Кинал къиматал цIунулел гьеб гIелалъ?

Дица хIисабалде босана дирго напсияб хIалбихьи, дир лъимерлъиялъул ракIалдещвеял. Хасго лъималазул ахалъул хIакъалъулъ дица хъвараб бутIаялъ кIудияб ахIи-хIур багъаризабуна социалиял сайтазда.

Гьеб лахI-чIегIераб гьереси бугин, абулеб буго гIемерал цIалдохъаназ. Гьезул бербалагьиялда дица квещаб маргьи бицана Советияб заманалъул хIакъалъулъ. Доб советияб гIумру букIанила лъикIаб берцинаб маргьи киннигин.

Гьединго гьел разиял гьечIо бикьараб жамгIияталъул дица гьабураб биценалдаса. Амма гьаниб абизе ккараб буго гьадинаб жо. Дунял кIиго бутIаялъ бикьи - гIицIго Россиялъе хасиятаб ищ гурин. Гьаб бутIа хъахIаб, доб бутIа чIегIераб буго, ян абулел гIадамазул цIураб буго дунял.

Чияр бербалагьиялъ гIемерал гIадамазул ццим цIакъ бахъинабулеб буго. Россиялда хасго. ГьечIо гьениб толерантлъи. Паракъатго пикру гьабизе дагьал гIадамазул гурони, гIемерал гIадамазул гьунар гьечIо. БукIа гьеб Украиналда бугеб ахIвал-хIалалда тIаса гьабураб баян, букIа тIадтаразул официалияб лъазаби.

Сверухъ бугеб щиналъул цIех-рех гьабулеб мехалда, жамгIият хъващтIан кIиго бутIаялъ бикьун, цоцаде бакIал гIайибал гIунтIизаризе хIаракат бахъула, хъубал, чорокал рагIаби хIалтIизарун. Гьелъул хIасилалда цо гIадамал рихьизарулел руго бахIарзал хIисабалда, цогидал - такъсирчагIи хIисабалда.

Масала Шималияб Кавказалъул яргъид гIуцIаразда абизе бегьула гьел боевикал ругин, гьединго бегьула абизе гьел ритIухълъиялъе гIоло къеркьолел чагIи ругин. Амма гьеб дираб пикру гуро, дица рехсана гIадамазул рагIаби.

Амма цоязда гьеб бихьана жиндирго къагIидаялъ. Гьез абулеб буго дица мужагьидал бахIарзал хIисабалда рихьизарулел ругин. Гьеб гуребги - гIемерал цогидал дир рагIаби тексталдаса ратIа гьарун, мекъаб рахъалъан рихьизаруна.

ТIадежоялъеги - Иносми сайталда загьирабун буго алман мацIалдаса гIурус мацIалде нахъе буссинабураб оригиналияб гуреб текст. Цин Sueddeutsche Zeitung газетаялъ дир гIурус текст жиндир мацIалде буссинабуна, цинги Иносми сайталъ алман мацIалдаса гIурус мацIалде буссинабуна гьеб ва гьелдалъун бакI-бакIалда мекъиги ккана».

Ганиева Алисаца нижер программаялъе битIана жиндирго тексталъул оригинал. Гьале гьелъул аслиял пикраби.

«Совет Союз шушаралдаса хадуб бижараб гIелалъул хIакъалъулъ бицани, аслияб пикру гьадинаб буго – захIмат буго абизе гьеб цолъараб, щулияб жамгIият бугин». Хадуб Алиса Ганиевалъ ракIалде щвезабулеб буго жиндирго лъимерлъиялъул мех.

Гьелда ва жиндиго вацасул лъимерлъиялъул заманалда гьоркьоб кIудияб батIалъи бихьулеб буго Алисада ва гьелъие гIиллалъун гьелъ рикIкIула советияб заманалдаса нахъе микроэпохаби, ай – заманалъулал къокъал политикиял манзилал ризго хисулел рукIараблъи.

Гьелдаго цадахъ хехго хисулеб букIана гIун бачIунеб иргадулаб гIелалъул политикияб бербалагьиги. «Гьединлъидал, - абулеб буго Ганиева Алисаца, - лъеберго сон барал жакъасел гIолохъаназда гъорлъ ругел гIемерисезул ракIалда буго советияб заман ва гьел гьанжелъагIан хIехьолел руго доб заманалъул асар.

КIиазарабилел соназда Россиялъул централиял телевизиониял каналазул программабазда дагь-дагь ккун раккулаан советияб гIумрудул гIаламатал – кучIдул, рукIа-рахъиналъул къагIидаби», - ян хъвалеб буго Ганиева Алисаца ва абулеб буго, гьеб бугин ара-хвараб кIудияб советияб чIухIиялда гъозул ностальгияилан.

ЖагIилазул ва дагьа-макъаб малъи-лъай бугезул гьединаб ностальгия баккулеб бугин миллатчилъи хIисабалда. Гьеб бугин камураб тIокIлъиялда ва патриотизмалда бараб гъозул гIоди. Гьадинабго буссунареб чIалгIен гьанже бихьулеб бугин интеллигенциялдаги гъорлъ.

Жинда кIолин перестройкалда цебе букIараб заман бецулел гIолохъанал хъвадарухъаназул кIудияб сияхI рехсезе, ян абулеб буго Ганиева Алисаца. Мисалалъе гьез гIуцIанин «БагIарал гIолохъаназул авангард» абулеб къукъа.

Къого сон барал гIолохъаназул бербалагьиялда Совет Союз кколин динозавразул киннигин заман. Амма гьеб гIелалъул жамгIиятги бикьараб бугин Ганиева Алисал хIисабалда. Цо рахъалъан пуланаб «Новороссия» пуланал фашистазукьа (гьедин гьез абула Украиналъул официалияб тIалъиялъул рахъ кколезда) хвасар гьабиялда ахIи балел ва Магърибалда хурхараб щинаб какулел, цогидаб рахъалъан Россиялда кколеб щинаб какулел.

Жакъасеб Россиялда руго цо-цо гIажаибал гIадамалги, - ян абун, Ганиева Алисаца мисалалъе бачунеб буго жинда лъалев цо чиясул политикияб бербалагьи: «Гьев вуго тIадегIанаб лъай бугев либерал, ва цого мехалъ гIурусазул миллатчи. Цогидай чIужугIадан - урхъарай коммунист, Совет Союз цIигIуцIиялда ахIи балей, цого мехалъ гьей ккола диналде юссарай. Гьадинаб бичIчIулареб бербалагьи бугел гIадамал гIемер руго улкаялда», - ян хъвалеб буго Ганиева Алисаца.

Бусурбабаз гIумру гьабулел Россиялъул регионазул бицен гьабулго, гьелъ абулеб буго гьенир гIолохъанал Исламалде руссарал ругин. Гьадинабго ахIвал-хIал бугин аслияб къагIидаялда гIурус миллаталъул гIадамаз гIумру гьабулел регионазда.

Гьеб бугин «гIадал нахалъул православие» абулеб унтиялъул диагноз. Гьединаб унтиялъ унтарал диналъ мехтараз как балеб буго Килисаялъеги Пачалихъалъул тIалъиялъеги.

Ганиева Алисаца абулеб буго гьадинаб шизофрения хасиятаб бугин жибго улкаялъеги: «Щиб гьабуниги гьелда кIоларо бичIчIизе, цIвайищ, кIибетIераб цIумищ жиндир гIаламат.

Кибе гьеб цIум балагьулеб бугеб – Машрикъалдеищ, Магърибалдеищ? ПалхIасил – гIурхъи ва рухI гьечIеб империяищ, ургъизе гьунар камичIел гIадамаз гIумру гьабизе бегьулеб бакIищ жакъасеб Россия?» - ян хъван буго Алиса Ганиевалъул макъалоялда.

«Щалха кколел жакъасел бахIарзал гIолохъаназул бербалагьиялда рекъон? БахIарчилъун гьез рикIкIула тIадегIанаб ритIухълъиялъе гIоло къеркьолев инсан. ЖамагIаталъ инкар гьавурав.

Амма дунялалъул къануналъ гьадинав инсан хъачагълъун рикIкIула. Де юре гьесул къеркьей ритIухъаб гуро. Амма де-факто гьев ритIухъ вуго. Ва жибго ритIухълъи гьесул рахъалда буго. Гьев ккола зулмуялде данде чIарав таваккалав къеркьохъан, Россиялъул системаялъ ялъуни декаденсалъул Магърибалъ къабул гьабичIев.

Гьадин балагьани хъахIбаханаби ва пачалихъиял хъулухъазда ругел ришватчагIи кьвагьизарулел Кавказалъул мужагьидал - гьай-гьай бахIарзал руго. Щай гурелъул, гъозие бокьилаан Аллагьасул низам тIад чIезабизе.

Амма цогидаз чIван къотIун гьезда абула гьел такъсирчагIи ругин. ТIад балагьани – рехсараб щинаб къиматалъе кьучIги батила, ва гьеб буго бищун квещаб жо» - ян хъван буго Алиса Ганиевалъ. Гьелъул макъалаялъул хасго гьеб кесекалдаса разиял гьечIо гIемерал гIадамаз, ян абулеб буго авторалъ.

Дагьалъ цебе цойги дагIба багъарун букIана хъвадарухъан Ганиева Алисалда бан. «Литературная газетаялда» Кузьменков Александр абурав критикас ганчIида гамачI течIо «Салам дуе, ТIалхIат» абулеб Алисал къисаялда.

Критикасда гIажаибаблъун бихьула Ганиева Алисае литературиял премияби кьей. Гьесул хIисабалда гьей гьединал тIадегIанал шапакъатазе мустIахIинклъун гьечIин.

«Восе довго ТIалхIат, Вася абун гьесие цIарги кьун, къисаялда бихьизабураб этнографикияб кьучIги хисун, цIале текст. Бугищ интерес?» - ян абураб суал живго жидеего кьун, гьев Кузьменковас ракIалде щвезарулел руго Россиялъул XIX гIасруялъул литературияв критик Катенинил гадинал рагIаби «Узденязул хвалченал чIалгIанин».

Гьадинаб къимат гьес кьун букIана ГIурус-Кавказалъул рагъул темаялда тIаса хъварал асаразе. Критиказул хIисабалда гьадинабго къимат кьезе ккола Ганиева Алисал асаразеги. «Салам дуе, ТIалхIат» абураб къисаялъе гуребги - «Рохалилаб мегIер» абулеб къисаялъеги.

Кин дуда кколеб, гьеб миллатчилъиялъул кьучIалдаищ хъвараб макъало, ян абураб суалалъе Алисаца гьадинаб жаваб кьолеб буго.

Алиса Ганиева: «Гьадинаб къасд - дун Кавказиязул къукъаялъул гIахьалчIужулъун йихьизаризе гьез мех-мехалъ гьабулебги буго. Дун йигила дагъистаниязул хъвадарухъан, гьединлъидал, доехун ин, магIарухъ чIун лъикI, ян абураб гIакълу кьолеб буго гьеc дие.

ГIурусалъ хъварал дир асаразда бан, гьес абулеб буго, дида гIурус мацI лъим гIадин лъаларин, дун гIурусай гурелъул. Гьадинаб бербалагьи дида гуребги - киналго кавказиязда бараб буго. Кавказиязда лъикIаб бербалагьиги буго Россиялда, амма гьебги буго гIажаибаб.

Масала кавказиял гьез къабул гьарулел руго чияр гIадамал, гьалбал хIисабалда. Кавказияв гIурусалъ кIалъалеб мехалда гьел тамашалъизарула. ВахI, кисан дуда гIурус мацI гьедегIан лъикI лъалебилан, суал кьолаго.

Гьелдалъун бихьула гьез кавказиял жидерго жамгIияталъул ва улкаялъул чагIилъун къабул гьарулеб гьечIолъи. Гьале гьаб рехсараб макъалаялъул авторас хасго гьадинаб бербалагьи бихьизабуна дида бан. Гьесул пикруялда дие литературиял премияби кьолf миллияб квотаялдалъун. Дун гьелъие мустахIикълъун гьечIониги».

Жиндирго хIалтIул планалъул гьадин бицана нижер программаялъул ахиралда Ганиева Алисаца:

Алиса Ганиева: «Дица цIияб роман хъвана. ГьабсагIат мухIанго абизе кIоларо кида ва киб гьеб роман къватIибе бахъине бугебали. Гьеб роман Дагъистаналъул матариалалда хъван буго. Цере дица хъварал асаразде данде ккун гьаб дир ахирисеб роман аслияб къагIидаялда буго психологикияб. Гьелъул аслияб тема - ригьиналъул. Рагьарал ва къарал жамгIиятазда бертин гьабиялъул гIадатазул хIакъалъулъ хъвазе къасд гьабуна дица.

Кин цо-цо гIадатал кIочон толелали, ва кинал кIочон тарал гIадатал гIумруялде тIад руссинарулел ругелали. Гьале гьадинал суалазе жавабал ратизе хIалбихьана.

Дица гIадахъ росана гIемерал хIужаби. Дие кIудияб асар гьабуна персиялъул поэзиялъ. Романалда гьеб асар бихьулеб гьечIо. Амма рехсараб поэзия лъалел гIадамазда гьеб бигьаго тIатинабизе бегьула».

XS
SM
MD
LG