МагъчIваялъе рес

Ираналъ тасдикъ гьабуна жинца "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялъул позициязда авиакьaибиял щвезарун рукIин


Ираналъул къватIисел ишазул министр хисулев Эбрагьим РахIимпурица тасдикъ гьабуна Тегераналъ ГIиракъалда ругел «Исламияб пачалихъ» абураб радикалиял исламистазул позициязда авиакьабиял щвезарун рукIин.

Гьесул рагIабазда, гьел кьабиязул суал дандбан букIун буго гьединабго акция тIобитIулеб Цолъарал Штатазулгун.

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго Британиялъул Guardian газетаялъ. Цебе Тегераналъ нахъ чIвалеб букIана гьеб акциялда гIахьаллъи.

XS
SM
MD
LG