МагъчIваялъе рес

Россиялъул президент Владимир Путин данчIвана инсанасул ихтиярал цIунулелгун


Россиялъул президент Владимир Путин рузман къоялда дандчIвана Инсанасул ихтиярал цIуниялъул мажлисалъул гIахьалчагIигун ва омбудсменалгун.

Гьоркьоб лъуна Россиялъул диваналъул система, «къватIисел пачалихъазул агентал» хIисабалда сияхIалде росарал коммерциялъулал гурел гIуцIиязда сверун бугеб ахIвал-хIал ва цогидал суалал.

Путиница лъазабуна, НКОязда хурхараб къанун щвалде щвараб хIалалде бачине кколин, гьеб къабул гьабулеб мехалда лъилниги мурад букIинчIин гьединал гIуцIиял хIакъир гьариялъулин.

Гьесул рагIабазда къануналъул магIна байбихьудасаго букIана улкаялъул политикияб гIумруялде гъорлъе къватIисан гIарцудалъун лъугьиналъул нух къай.

XS
SM
MD
LG