МагъчIваялъе рес

Россиялда инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун ахIвал-хIал квешлъана ахирисеб 10 сонида жаниб


Human Rights Watch абураб халкъаздагьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул бетIер Кеннет Ротица лъазабуна, ахирисеб анцIго соналда жаниб гьарурал драмататикиял хиса-басияз Россиялда лъазе захIматаб хIалалда хисизабунин инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун ахIвал-хIалин.

Хамис къоялда Москваялда прес-конференциялда гьес лъазабуна, гьанже бицен гьабулеб бугин Россиялда «хъачIаб авторитаризмалъул эпоха щолеб букIиналъул хIакъалъулъин».

Гьес рехсана «къватIисел пачалихъазул агентазул» сияхIалде росун бищунго зарал ккарал инсанасул ихтиярал цIунулел гIуцIаби.

XS
SM
MD
LG