МагъчIваялъе рес

Федералияб мажлисалде иргадулаб хитIаб гьабуна Россиялъул президент Владимир Путиница


Федералияб Мажлисалде хитIаб гьабулаго, Россиялъул президент Владимир Путиница кIвар буссинабуна Крым Россиялде гъорлъе бачиналъул бугеб кIудияб кIваралде.

Гьелъул бицунаго гьес абуна улкаялъ бихьизабунин жиб «щвалде щвараб миллат» букIинин.

Путиница лъазабуна, рукIарал советиял республикабазул, гьездаго гъорлъ Украиналъул суверинитеталда хурхун Россиялъул бербалагьи хисичIин.

Гьес пачалихъал ахIана чIорогосел рагIиял кьола рукIинчIого, Украиналъул экономикаялъе мухIканаб кумек гьабиялде.

Путиница Цолъарал Штатазде гIайиб гIунтIизабуна, Россиялъул мадугьалияб улкаялде битIахъеб тIадецуй гьабулеб бугинги абун.

XS
SM
MD
LG