МагъчIваялъе рес

Афгъанистаналъе кумек халат бахъинабизе бегьула


Афгъанистаналда ва Пакистаналда Цолъарал Штатазул хасав вакил Даниэль Фельдманица 2 декабралда Брюсселалада лъазабуна, Афгъанистаналъе халкъазда гьоркьосеб кумек халат бахъинаби бараб букIине бугин, коррупциялде данде къеркьеялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул сферабазда щварал икъбалаздайин.

Гьесулго рагIабазда, Афгъанистаналъул нухмалъиялъ бихьизабулеб буго аслиял сферабазда реформаби гьаризе гьелъие бокьун букIин.

XS
SM
MD
LG