МагъчIваялъе рес

Евроцолъиялъул цIиял санкциял


Евроцолъиялъ санкциял къабул гьарун руго Донецкалъул ва Луганскалъул халкъиял абулел республикабазул нухмалъияздаса 13 чиясде ва щуго идараялде данде. Санкциял гьарилъе гIилла- «украиналъул кризисалда» гьезул гIахьаллъи ва Украиналъул территориалияб цолъиялде, гьелъул суверенитеталде ва лъидаго бачIолъиялде данде жигараб хIаракатчилъи гьаби.

Шамат къоялда Евроцолъиялъул Официалияб даптаралда кьураб санкциял гьаруразул сияхIалде росун руго рехсарал республикабазул депутаталги, улка цIуниялъул, лъай кьеялъул ва сахлъи цIуниялъул министралги. Европаялъул банказда ругел гьезул активалги цIорозарун руго, Евроцолъиялъул территориялде рачIинеги гьезие гьукъун буго.

Санкциял къуваталде лъугьунел руго гьел Официалияб даптаралда кьуралго.

Евроцолъиялъ Россиялъул ва Украиналъул машрикъалъул рахъалда ругел сепаратистазде данде санкциял гьаризе байбихьана исана ихдалъ Крымалъе аннексия гьабун ва Донбасалда конфликталда Россиялъул гIахьаллъиялда хадуб.

Гьеб «чIегIераб сияхIалде» восун вуго 132 чи, гьездаго гьоркьор Россиялдаса депутаталги бизнесчагIиги. Жидеде данде санкциял гьарурал компаниязул къадар бащалъулеб буго 28-ялда.

XS
SM
MD
LG