МагъчIваялъе рес

Рималъул Папаца СултIанахIмадил мажгиталъуб как бана


Туркиялда лъабго къоялъул сапаралъ вугев Рималъул Папа Франциск шамат къоялда щвана Стамбулалда бугеб СултIанахIмадил ай «ХъахIилаб мажгит» абун лъалеб мажгиталде. Гьес гьениб Стамбулалъул муфтий РахIми Ярангун цадахъ бана как. Гьев гьединго щвана 15 гIасруялъулаб тарих бугеб мунагьал гьечIей Софиял Килисаялдеги. Балаго килиса хIисабалда бараб гьениб 15- гIасруялда мажгит гьабун букIана ва гьанже гьениб буго музей.

Рузман къоялда Анкараялда Туркиялъул президент Ражаб Эрдогъангун букIараб данделъиялда Францискица какулеб букIана «Исламияб пачалихъ» абулеб радикалияб къукъа.

Гьесул сапаралъул мурадазда гьоркьоб буго Туркиялда ругел христианазул диналъул батIи-батIиял гIаркьалабазул церехъабигун дандчIваялги. Франциск вачIиналде Туркиялъул тIадтараз улкаялда кьваризарун рукIана хIинкъигьечIолъи цIуниялъул тадбирал.

XS
SM
MD
LG