МагъчIваялъе рес

Россиялъ Амировасе 15 азаго евро кьезе бихьизабун буго


Инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун Европаялъул диванханаялъ 27 ноябралда чIезабуна МахIачхъалаялъул вукIарав мэр СагIид Амировасе Россиялъ 15 азарго евро кьезе кколин. Диванханаялъ чIезабун буго туснахъ гьавурав Амировасе, сакъатав чи хIисабалда, кколеб медицинаялъул кумек чIезабун букIинчIин. Гьединлъидал Россиялъ хвезабун бугин чи инжит гьавизе гьукъараб инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун Европаялъул конвенцияйин. Амиров полициялъ ккун вукIана 2013 соналъул июналда. Гьесда гIунтIизабулеб букIана ХIажибеков абулев цIех-рех чи чIваялъулъ ва теракт хIадуриялъулъ гIахьаллъи букIанин абураб гIайиб. ХIажибеков чIваялъул ишалъул цIех-рех жеги лъугIун гьечIо.

XS
SM
MD
LG