МагъчIваялъе рес

Къоралде сверулеб буго гъансито


2 2000 соналдаса байбихьун, Цолъарал Миллатазул ГIуциялъ 25 ноябрь лъазабун буго рокъоб зулмуялде данде къеркьеялъул халкъаздагьоркьосеб къолъун. Гьелъул мурадги буго рокъоб зулмуялде кколел руччабазул проблемабазде кIвар буссинаби. Амма рокъоб хIал-зулму гьабиялъул къурбаназул къадар Россиялда ва Дагъистаналда цIикIкIун гурого дагьлъулеб гьечIо. Гьеб бихьулеб буго батIи-батIиял цIех-рехазул идарабазул баяназда. Амма дунялалда гьединал къурбаназе кумек гьабулел идараби ратании, Дагъистаналда гьел гьечIо, гьелдаго цадахъ, киса-кибего зулмулъун рикIкIунеб респуликаялда ругьунаблъун лъугьун буго. Гъанситодул хважаинин лъазавулей чIужугIан гъанситодул лъагълъун лъугьуней йигин рикIкIунелги руго.

Дианалги Адамилги берталъ киналго бахиллъун рукIана гьезул берцинлъиялда, ясазул абуни, жахIда ккун букIана гьединав бечедав гIолилав росулъ гIурай Дианае щвеялдаса. Амма лъидаго лъалеб букIинчIо. Данделъун моцI балелде, росас чIужу юхизе байбихьула. Амма дианаца киназдасаго бахчула, мехтун вачIарав росас гьей къъойидаса къойиде хъахIил гьаюлей йикIуна, ахирги хехаб кумекги ахIун ячун уна Диана азарханаялде. Амма гьелъул эбел-инсуца щибго гьабуларо ясалъул рахъ ккун. Рокъое ячIиндал, нахъеги зулму гьабизе росас байбихьидал Дианада бичIчIула жиндир гIумруялда хIинкъи букIин, ва тIурула Москваялде. Гьеб иш ккана 2008 соналъ.

Щай рокъоб зулму гьабулеб букIараб ва сундуе гIоло хIехьолеб букIарабали гьадин баян гьабуна Дианаца.

Диана: « Квешаб хIал букIана дида чIун. Ячун чанго къо барабго байбихьана гьес дида кьабизе. Гьалмагълъигун гьекъолдун вачIунаан кватIун. Эбел-эмен рохун рукIана шагьаралда росасда дун йикIиналдаса, гьелъ гьезда бицине кIвечIо дида щибго. Тукада йикIарай чIужуялда чанго нухалъ бихьун букIана дир квер хъахIиллъун, гьел росас гашиш бухIулин. гьелдаса хадуб, чанго къоялдасан ккана дун азарханаялде ботIролъ кьабураб жоялъ гIакълу-лъаялдасаги ун. Дун рокъоса тIурана гьений холеблъи бичIчIун. Баркала буго дие кумек гьабурал мадугьалзабазе».

Гьединал лъуга-бахъинал аза-азар ругин, Дагъистаналдаги тIолго Россиялдаги. Гьеб рокъоб жужахI хIехьарал чагIазул къисматги релълъараб букIунеб буго. Дагъистаналда, гъанситоялъул хважаин гIадин хъизамалде лъугьуней чIужугIадан гьеб гъанситоялъул лагълъун лъугьунин рикIкIунеб буго журналист Светлана Анохиналъ. Гьелъ «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна ахираб заманаялъ ругин Дагъистаниял жидер ясал хIал-зулму гьечIогон, гIицIго къварид гьаюн йигониги нахъе ячуней хъизамалдаса,цогиял ругин динги хIалае ккун чIужугIаданалъул ихтияралги эркенлъиги гьукъуел.

Светлана Анохина: «Бищун кIудияб гIунгутIи ккола хIал-зулмуялъул къурбаналлъун ккарал чагIазе кумек гьабулел идараби гьечIолъи. ГIицIго эбел-инсул, рокъосан кумек гурого батIияб кумек щвезе рес гьечIо гьезие. Цогидаб рахъ ккола, гьединал руччабаз, жидее хIал-зулму гьабулеб букIин бахчи ва росасе тамихI гьабизе тIалаб гьабунгутIи. Гьелдаго цадахъ, лъималги ккола хIал-зулмуялда гьоркьоре. ТIубараб дунялалдаго хIал-зулмулъун рикIкIуна рокъосан эркенлъи гьукъиги, кидагосеб инсан рокъосан инжит гьавиги, цогиябги. Нилъер чагIазе гьеб ругьунаблъун лъугьун буго. Жакъа цо лъикIаб рахъ ккола, масала инсуца жиндир яс къварид гьаюлей йигонигицин, гьей гьеб бакIалдаса нахъе ячин, гIадамаз абулеб жоялъул ургъел гьабичIого. Гьелдаго цадахъ, ахираб заманаялъ динги хIалае ккун руччабазул рокъосан ихтиярал хвезариги гIемерлъун буго. Нилъер гьаниб ругьунаб ккола «дие росас гьукъулилан аби» - щиб букIаниги. Хъизам къоралде сверулеб бугилан абизе бегьула».

Жиндирго эркенлъиги ихтияралги гIумруги хъизамалъе къурбан гьаби битIараб гьечIин, щайгурелъул гьелъул хIасилал цIакъ квешал рукIунин рикIкIунеб буго Светлана Анохиналъ.

Жакъа Россиялда киналгIаги бакIал такъсиразул 40% кколел руго хъизамалда жанир гьарурал. Жидее хIал-зулму гьабулел кколел руго руччаби, херал чагIи, гIисинал лъимал, камулел гьечIо цо-цо бихьиналги. 20I3 соналъ хIал-зулмуялдаса хварал руччабазул къадар бахун буго 9I00 чIужугIаданалде. БатIи-батIиял сакъатлъаби ккарал руччабазулги лъималазалги къадар бахун буго 46 азаргоялде. Гьел тарихал кколел руго рокъоб гьабулеб хIал-зулмуялъул хIасилал. Официалиял гурел баяназда рекъон, жакъа Россиялда щибаб ункъабилеб хъизамалда жаниб хIал-зулму буго.

XS
SM
MD
LG