Америкаялъул Фергусон шагьаралда цебесеб сордоялъ рукIарал гIадлу-биххиязда хадуб цIунун хутIулеб буго хIалуцараб ахIвал-хIал. Цебесеб къоялъ гьа баразул диваналъ инкар гьабун букIана балугълъиялде вахинчIев чIегIерав вас чIварав хъахIав полициясда гIайиб гIунтIизабизе. Гьеб трагедия ккун букIана исана август моцIалда ва бакIалъул халкъалъул кIудияб разилъунгутIи бижизабун букIана гьелъ.
Гьанже гьа баразул хIукмуялдаги разилъунгутIиги сверун букIана гIадлу-биххиязде. Гьезул гIахьалчагIаз цIа лъолеб букIана полициязул автомашиназда ва рукъзада, рекулел рукIана тукабазул цIурдул ва талавур гьарулел рукIана тукаби.
Улкаялъул президент Барак Обамаца халкъ ахIулеб букIана гьа баразул хIукмуялда разилъунгутIи ракълилал къагIидабаз загьир гьабизе ва парахалъи цIунизе.
Фергусоналда рукIарал гIадлу-биххиязул хIасилалда бухIун буго чанго мина, лъукъун вуго кIиго журналист, къан буго мадугьалихъ бугеб Сент-Луис шагьаралъул аэропорт ва шагьаралда тIасан гражданиял аэропланал роржине гьукъун буго.