МагъчIваялъе рес

МагIарул мугIалим бергьун йиго ТIолгороссиялъул къецалда


Гъизилюрт шагьаралъул №7-билеб школаялда магIарул мацIалъул ва литератураялъул дарсал кьолей МухIумаева Сарат бергьун йиго рахьдал мацIазул мугIалимзабазул ТIолгороссиялъул къецалда. Гьеб къец гIуцIун букIун буго Пачалихъияб Думаялъул миллиял суалазда сверун Комитеталъги, Регионазда сверун министерлъиялъги, Россиялъул халкъазул Ассамблеялъги.

Гьеб къецалда тIолго Дагъистаналъул рагъалдасан гIахьаллъун йикIана МухIумаева. Гьелъие щун буго «Дарс кьолеб цIияб къагIида батиялъухъ» абураб диплом.

XS
SM
MD
LG