МагъчIваялъе рес

ХIажимурад МухIамадов: «Гугари дагъистаниязул бидулъ буго»


Дагъистаналда Эркенаб гугари тIибитIараб букIиналъе гIиллаби кинал ругелилан суалал кьола гIемересиз. Гьеб тIибитIиялъе гIиллаби ва дагъистаниязул Эркенаб гугариялъул борхалъуде рахиналъул тарих баян гьаруна гара-чIвариялда эркенаб гугариялъул Россиялъул старший тренер ХIажимурад МухIамадовас.

Халкъазда гьоркьосел эркенал гугариялъул къецазда дагъистанаияз гIахьаллъи гьабизе байбихьана ХХ гIасруялъул 1950 соназ. Гьедин, 1959 соналъ Дунялалъул эркенаб гугариялъулъ къецазда тIадегIанаб даражаялъул медал босана тIоцевесев

Дунялалъул чемпионлъун вахъарав дагъистанияв ГIали ГIалиевас. 1970-билел соназда Олимпиадаялъул чемпионлъун вахъана Загалав ГIабдулабеков.

Гьез кьучI лъуна дагъистаналда бугеб, жакъа къоялъ бищун лъикIазул цояблъун кколеб эркенаб гугариялъул школалъе. Амма кидагоги гугариялъул къецал тIирутIун рукIанин Дагъистаналда.

Гьедин, цIар рагIарал ругин Сали-Сулейман, Хасаев ГIали-Хъилич. ГIабдурахIманов ГIусманилан рикIкIунеб буго Эркенаб гурагиялъул Россиялъул старший тренер ХIажимурад МухIамадовас.

«Эркенлъи» радиогун букIараб гара-чIвариялда Дагъистаналда гугари тIибитIиялъе гIиллаби кинал ругелали гьадин баян гьабуна ХIажимурад МухIамадовас.

ХIажимурад МухIамадов: «Дагъистаналда Эркенаб гугариялъул кIудияб тарих буго; Сали-Сулейман, КIикIуниса ГабдурахIман гIадав багьадурзаби лъала нилъеда цере заманаялъ рукIарал. Гугари тIибитIараб букIиналъе гIилла буго Дагъистаниязул бидулъ букIин къеркьей. Гьеб ккола ватIаналде бугеб рокьи загьирлъи.

Гьеб цIуниялъе гIоло къеркьей. ТIоцевесев Олимпиадаялъул чемпион, Загалав ГIабдулабеков, ГIали ГIалиев – гьел ккола жакъасеб, жакъа Дагъистаналда бугеб эркенаб гугариялъе кьучI лъурал чагIи ва анцI-анцI чемпионазе нух лъурал гIадамал.

Щибаб бакIалда бугеб гьениб умумузулъанго бачIун къецал тIоритIулеб спорт, Дагъистаналда ва тIолго Кавказалда, абизе бегьула, гьеб буго гугари. Нилъер халкъалъул бидулъ буго гьеб».

Советияб хIукумат биххигун, гугариялде ва тIубан спорталлъе биччалеб гIарац букIинчIила ва гьелъ гIемерал захIмалъаби рукIанила. Гьеб параялъ батIи-батIиял къецазде ритIизе гIарац букIунароанила хIукуматалъулилан ракIалдещвезабуна Олимпиадаялъул чемпионас.

ХIажимурад МухIамадов: «ХIукумат биххигун, байбихьуда гIемер захIмалъаби рукIунаан. Къецазде гIолилал ритIизе спрталъул коммитеталъул гIарац букIунароан. 1996 соналъ Атлантаялда тIоритIарал Олимпиадаялъул хIаял ккола гIолохъанаб Россия гIахьаллъараб хIаял.

Гьел хIаязда диеги рес щвана цеве вахъун Дагъистаналъе ва Россиялъе меседил медал босизе. Дида цадахъго бергьенлъи щвана Бувайсар Сайтиевасеги. Гьелдаса хадуб, абизе бегьула, байбихьанин гугариялъул бергьенлъабазул мохъ Дагъистаналда».

ХIажимурадил пикруялда, Дагъистаналда гугари тIибитIун букIин, гьебго заманаялъ цогидаб спорт, масала теннис тIибитIун гьечIолъи нилъер гIунгутIи гуро. Гьеб бугила нилъер гIолилазул гьитIинаб къоялдаса нахъе къеркьезе рокьи букIин. Гьеб кколеб буго нилъер хаслъи.

Жакъа Дагъистаналде гIемер руго мисалал спорталда бергьенлъаби щварал гIолилал политикаялде рачIунел. Масала, ГIабдусамад ХIамидов кколев вуго эркенаб гугариялъул халкъазда гьоркьосеб даражаялъул мастер спорта, жакъа гьев вуго Дагъистаналъул тIалъиялъул премьер-министр.

Гьединал мисалалги гIемер ругила гIицIго Дагъистаналда гурелгийин баян гьабуна ХIажимурад МухIамадовас. Масала, тIалъиялда жив хIажатавлъун вихьанани, кинаб букIаниги хIалтIулъ, жинца гьеб хIалтIи тIаде босилилан баян гьабуна гьес.

Эркенаб гугариялъул жакъа Дагъистаналда тIоритIулел батIи-батIиял къецазул цояблъун ккола Кизилюрт шагьаралда тIобитIулеб гIолилазул эркенаб гугариялъул ХIажимурад МухIамадовасул призазде турнирги. Гьадин баян гьабуна гьелъул хIакъалъулъ живго ХIажимурадица.

ХIажимурад МухIамадов: « Кизилюрталда буго эркенаб гугариялъул клуб Базаргановасул цIаралда бугеб. Гьеб клубалъул нухмалъиялъул ва спорталъул министерлъиялъул квербакъиялдалъун тIобитIула гьеб турнир.

Исана гьеб 8 нухалъ тIобитIана. Турнир ккола халкъазда гьоркьосеб, гьенире Россиялъул батIи-батIиял бокIоназдаса гуреги. Азербайджан. Узбекистан, Туркиялдасан ва цогидаб улкабаздасан гIолохъанал гугарухъаби гIахьаллъула.

Нижеца хIаракат бахъула цогIаги гIахьалчи Дагъистан ракIалде щвеялъе сайигъат щвечIоги гьениса инчIого вукIине».

Жакъасел гIолилалазе цIакъ хIажатаб бугила сабру ва роцен лъай. Жинца киналго гIолилазе, кинаб спорталда гьел ратаниги, гьарулила рекIелъ гьеб роцен лъай, ва роцIараб пикру цIунийилан тIаде жубана ХIажимурад МухIамадовас.

XS
SM
MD
LG