МагъчIваялъе рес

Россиялъул аскариял Украиналдехун цIан руго


Украиналъул улка цIуниялъул министр Степан Полторакица лъазабуна, 22 ноябралде щвезегIан улкаялъул машрикъалъул рахъалдехун Россиялъ гIага-шагарго 7500 жиндирго аскарияв цIан вугин гьенир рагъдолел сепаратистазе хIалае.

Араб сордо-къоялда жаниб Украиналъул машрикъалъул рахъалда хIукуматалъул ункъго рагъулав хъулухъчи чIван вуго сепаратистаз гьабураб гьужумалъул хIасилалда.

Гьез лъабкъоялда анцIила ичIго нухалъ къасд гьабун букIанин Украиналъул аскариязул позициял рахъизе Луганск ва Донецк икълимазда. Жиндир иргаялда Украиналъул аскарияз кIикъоялда кIиго нухалъ гIарада бана сепаратистаз чIей гьабулел бакIазде.

XS
SM
MD
LG